Аслияб гьумералде

Ширк гIемерлъи

Ширк гIемерлъи

Ширк гIемерлъи

Абугьурайратидасан бицана хирияв аварагас ﷺ абунин: «Давсалъул херал руччабаз Зул халасаталъе гIибадат гьабун гурого Къиямасеб къо тIаде щоларо», - ян. (Бухари, Муслим)

Зул халасат ккола ислам бачIинегIан Давс тухумалъ лагълъи гьабулеб букIараб, хъанчал (идолал) жанир рукIараб рукъ. Цоги рагIиялда рекъон, рукъалда цIар - «Ал-халасат», хъанчалда цIар - «Зул халасат» букIана. Гьединго гьеб бакIалда тIибитIараб цIар букIана «Ал-кагIба ал-ямани» абун. Аварагасул ﷺ заманалда гьеб щущазабун букIана. Амма авараг ﷺ ахираталде накълулъидал цо-цо тухумал гьел хъанчазе гIибадат гьабиялде руссана. Цинги цIидасан гьел бакIал щущазаруна.

Жакъаги халлъула бусурбабийин абун ругел цо-цо къокъабаз шаргIалда данде кколарел гIадатал цIигьарулел. Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатица бицана хирияв аварагас ﷺ абунин: «Сордо-къо ине гьечIо цIидасан лат ва гIуззае лагълъи гьабизе байбихьун гурони», - ян. ГIаишатица абуна: «Я Бичасул Расул, дида ккун букIана гьаб аят рещтIун хадуб (магIна) «Аллагь ﷻ вуго жиндие гIибадат гьабизе хIакъав БетIергьан; жинца МухIаммад авараг ﷺ витIарав гIаламалъе тIоритIел босун ва хIакъаб исламияб динги босун, жинца гьеб цогидал киналниги диназда тIад загьир гьабизе. Гьаб амру гьадин тIубазеги буго, кигIанго мушриказе бокьун гьечIониги» (сурат «Ат-Тавбат», аят 34) гьеб иш тIубанин абун», - илан. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасе ﷻ бокьарабгIан мехалъ гьеб иш букIине буго. Цинги Аллагьас ﷻ гьури битIизе буго. РекIелъ иманалъул къатIрацин бугел хвезе руго. Баракат, пайда гьечIел хутIизе руго. Цинги умумузул диналде (хъанчазе лагълъи гьабиялде) гьел руссине руго», - ян. (Муслим)

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...