Аслияб гьумералде

Муъминзабазда ритIарал макьаби рихьи

Муъминзабазда ритIарал макьаби рихьи

Абугьурайратидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къо тIаде гIагарлъидал иман лъурав чиясул макьу битIараблъун букIине буго. Гьереси бицунарел чагIазул макьабиги цIикIкIун ритIухъал рукIине руго. Муъминчиясул ритIухъаб макьу – авараглъиялъул 45 бутIа гьабун цо бутIа буго», - ян. (Бухари, Муслим)

 

Ибн Абу Жамратица абуна: «Къиямасеб къо гIагарлъиялда аскIоб макьаби ритIухъал рукIине ругин аби ккола, гьереси жаниб букIунгутIиялъ гьел макьабазул магIна гьабизе ккезе гьечIин абураб. Гьелде щвезегIан макьабазе баян гьабулаан ва баян гьабулев чи мекъи ккезе рес букIана. Гьеб магIнаялда макьаби гьересияллъун рукIине рес букIана», - ян.

Ибну ХIажарица «Ал-ФатхI» тIехьалда баян гьабуна щай хасго къиямасеб къо гIагарлъидал макьаби ритIухъаллъун рукIине ругелали. Гьес абуна: «Гьеб заман тIаде щведал иман лъурал гIадамал цIакъго дагьал рукIине руго. РитIухъал макьаби гьезие рухIияб квербакъилъун букIине буго», - ян.

Гьеб заман щиб мехалда букIине бугебилан абураб суалалда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. Цояз абула, гIадамазухъа гIелмуги нахъе босун жагьлу тIибитIараб заман бугин. Гьеб заманалъул гIадамал релълъуна авараг ﷺ витIилалде рукIарал гIадамазда. Гьел гIадамал цIакъ хIажат рукIине руго насихIатазде. Гьединаб кумеклъун ритIухъал макьаби рукIина гьезие. Гьедин абуна Ибну ХIажарицаги.

Цогидал гIалимзабаз абуна, гьеб бугин иман лъурал гIадамал цIакъго дагь рукIине ругеб ва жагьилчагIигун къосарал гIадамал цIакъго гIемераб заман. РитIухъал макьаби иман лъуразе квербакъилъун рукIина. Гьеб пикруялда Ибну Жамратги тIадрекъана.

Лъабабилез абуна, гьеб ГIиса аварагасул заман бугин. Гьеб заманалда гьесда нахърилълъаразул тIоцересел гIадамазулги макьаби ритIухъал рукIанин абун.

 

 

Камил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...