Аслияб гьумералде

Рорхатал минаби разе байбихьи

Рорхатал минаби разе байбихьи

Авараг ﷺ ахираталде накълулъидал, къиямасеб къо загьирлъиялъул гIаламатазул тIоцебе загьирлъараздасан ккола рорхатал минаби рай.

ЗахIмалъиялда, язихъго гIумру гьабулел рукIарал бусурбабаз гIемерал улкабиги кверде росун, гIарац-меседги цIикIкIун лъикIаб гIумру гьабизе байбихьана. ГIарац гIемерлъидал дунялги берцин бихьана. Цебе вехьлъун вукIарас байбихьана чIухIа-чIухIарал минаби разе. Гьеб гIаламат рехсон буго «ЖабрагIилил» абун машгьураб хIадисалдаги.

Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатазул цIехедал, аварагас ﷺ абуна: «Рукъзал рорхат гьариялъулъ гIухьби цоцалъ къацандизе руго», - ян (Бухари). Цогидаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо щоларо гIадамал рукъзал рорхат гьариялъулъ къацандизе байбихьун гурони», - ян (Бухари).

Ибну ХIажарас хIадис баян гьабун абуна: «Рорхат гьариялъулъ къацанди абураб жоялъул магIна ккола гIадамаз хIаракат бахъизе бугин цогидазулаздаса жиндирго мина борхат гьабизе хIаракат бахъи абураб. Гьединго гьелъул магIна батизе бегьула жиндирго рукъ цогидазулалдасаги берцин гьабун къачIазе хIаракат бахъизе бугин абураб», - ян. ГIаммаб магIна гьабуни, магIишат цебетIеялъулъ къацандизе ругин абураб.

Жакъа нилъеда бихьулеб буго Персиялъул заливалъул рахъалда ругел пачалихъазда кколеб бугеб. Цебе язихълъиялда рукIарал гIухьби бечелъун руго. Сон ретIине ретIел гьечIого рукIарал, жакъа эмираллъунги рахъун, нарт бичун щвараб гIарац исрап гьабулел руго. РикIкIада ругел гьезул бицун щиб гьабилеб, жакъа нилъецаго гьабулеб бугебги гIела мисаллъун букIине. Бечедал гIадамаз гIарац хвезабиялъул магIна бичIчIизе бегьила, амма мискин-пакъирасги, бечедазда релълъенлъи гьабун, росулел руго кредитал ва гьарулел руго налъаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...