Аслияб гьумералде

Хириясул малъа-хъваял

Хириясул малъа-хъваял

Хириясул малъа-хъваял

Цо-цо бакIазда, заманабазда, сабабазда хурхун Аварагас ﷺ гьарулел

рукIарал дугIаби, азкарал

 

– Пуланаб хIажат, къваригIел тIубазе рокъоса къватIиве вахъараб мехалъ абила: «Бисмиллагьи таваккалту гIала ллагьи ва ла хIавла ва ла къуввата илла биллагьи. Аллагьумма инни агIузу бика мин ан узилла ав узалла ва азилла ав узалла, ав азлима ав узлама ав ажгьала ав южгьала гIалайа, ав абгъия ав юбгъа гIалаййа».

МагIна: «Аллагьасул цIаралдалъун, кумекалдалъун дун къватIиве вахъана, дица Аллагьасда иманги лъуна, дица Аллагьасде таваккалги тIамуна, гучги къуватги Аллагьасдалъун гурого гьечIо. Я дир Аллагь, дица Дудалъун цIуни тIалаб гьабула, дица яги дун къосинавиялдаса, дица яги дие мекъаб, ахIмакъаб жо гьабиялдаса, дица яги дие хIал гьабиялдаса».

Тирмизиясги, Абу Давудицаги, цогидазги бицараб хIадисалда буго рокъоса къватIиве вахъунаго цояс «Бисмиллагьи… ва ла къуввата илла биллагьалде» щвезегIан абуни, гьесда абулила Аллагьас яги малаикас, мун витIунги ккана, дур ишги тIубана, мун цIунизеги цIунана абун, шайтIанги гьесдаса батIалъула. АхIмадица бицараб хIадисалдаги буго, гьеб абурав чиясе къватIиве вахъиналъул хайир щолилан.

– Мажгиталде жаниве лъугьунаго кваранаб галиги босун абила: «АгIузу биллагьил гIазим ва биважгьигьил карим ва султIанигьил къавим (къадим) мина шайтIани рражим».

МагIна: «Дица кIудияв Аллагьасдалъун цIуни тIалаб гьабула гьесул хирияб тIадегIанлъиялдалъун гьесул щулияб авал гьечIеб ханлъиялдалъунги рахIматалдаса бачахъараб шайтIаналдаса».

ХIадисалда буго: «Гьаб абураб мехалъ шайтIаналъ абулила гьав чи дидаса хутIараб къоялъги цIунана», - абун (Абу Давуд).

Цинги абила: «Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммадин ва салим». Цинги абила: «Аллагьуммагъфир ли вафтахI ли абваба рахIматика. КъватIиве вахъунаго гьебго цIалила, амма «рахIматикаялъул» бакIалда «фазлика»» абила.

МагIна: «Я дир Аллагь, Дуца дир мунагьалги чуре, дие рахIматалъул кавабиги рагье. Гьадин абулаан Аллагьасул Расуласги ﷻ» (АхIмад).

– Мажлисалдаса тIаде рахъараб мехалъ абила: «СубхIанакаллагьумма ва бихIамдика ашгьаду аллаилагьа илла анта астагъфирука ва атубу илайка гIамилту суан ва заламту нафси фагъфир ли фа иннагьу ла ягъфиру ззунуба илла анта».

МагIна: «Я дир Аллагь, Мун вацIцIадав вукIиналда дир ракI чIола, Дуе реццги гьабула дица, Мун гурого цоги Аллагь (МагIбуд) гьечIо. Гьарула дир мунагьал чуреян, дун Дудеги вуссуна, дица мунагьги гьабуна, дир напсалда тIад зулмуги гьабуна, Дуца дир мунагьал чуре, мунагьал чурулев Мун гурони гьечIо».

КьучIаб хIадисалда буго цо мажлисалда пайда гьечIеб гIемераб калам гьабуни, цинги тIаде вахъиналде гьаб дугIаги цIалани, гьеб мажлисалда ккараб гьесул мунагь бацIцIинилан (Тирмизи).

– Базаралде лъугьараб мехалъ абила: «Ла илагьа илла ллагьу вахIдагьу ла шарикалагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду ва гьува гIала кулли шайъин къадир» (гьалъул магIна цебе бицана).

ХIакимица кьучIаб иснадалдалъунги, Тирмизиясги, ибну Мажагьицаги бицараб хIадисалда буго базаралде лъугьунеб мехалъ гьаб зикру цIаларав чиясе аза-азар лъикIлъиги хъвалин, гьесдаса аза-азар квешлъиги бацIцIунилан. Хадуб свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас гьабураб гьаб дугIаги цIалила: «Бисмиллагь. Аллагьумма инни асъалука хайра гьаза ссукъи ва хайра ма фигьа ва агIузу бика мин шарригьа ва шарри ма фигьа» (ХIаким).

МагIна: «Аллагьасул цIаралдалъун дун жаниве лъугьуна. Я дир Аллагь, дица Дуда гьарула гьаб базаралъул лъикIлъи, гьаниб жаниб бугеб жоялъул лъикIлъиги, дица Дудаса цIуни тIалаб гьабула гьелъул квешлъиялдаса, гьелда жаниб бугеб жоялъул квешлъиялдасаги».

– Дуда тIад налъи батани абила: «Аллагьумакфини бихIалалика гIан хIарамика ваагънини бифазлика гIамман сивака».

МагIна: «Я дир Аллагь, Дуца дие хIалалалдалъун гIей гьабе хIарамалдаса, Дуца дун Дур цIобалдалъун бечед гьаве (гIей гьабулевлъун гьаве), Мун тун батIияв чиясдаса. ХIадисалда буго дуда тIад СабиргIанасеб (Йеменалда бугеб кIудияб мегIер) налъи батаниги Аллагьас ﷻ гьеб тIаса инабулилан (Тирмизи). Амма гьаб дугIаялдалъун налъи тIаса ине ккани, хIалалаб бакIалда хIалтIизабизе тIалаб гьабураб букIине ккола.

– РетIел ретIулеб мехалъ абила: «Аллагьумма касавтани гьаза ссавба фалакал хIамду асалука мин хайригьи ва хайри ма сунигIа лагьу ва агIузу бика мин шарригьи ва шарри ма сунигIа лагьу».

МагIна: «Я дир Аллагь, Дуца кьуна дие гьаб ретIел, щибаб рецц Дуе буго. Дица Дуда гьарула гьеб ретIел Дуе гIибадат-тIагIаталда хIалтIизабизе гьунар кьеян. Дица дудаса цIуниги тIалаб гьабула гьеб мунагьалъе хIалтIизабиялдаса. Гьедин бицана Аллагьасул Расуласдасан» (Тирмизи).

 

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Кида ццим бахъине кколеб?

Ццим бахъин кидаго гуро лъикIаб гуреблъун бугеб. Руго гьеб бахъине бегьулелги, бахъине рекъаралги ва бахъине кколелги бакIал. КIвар бугеб жо сундуе гIоло гьеб бахъунеб бугебали лъай, ай жиндирго напсалъул мурадазе гIолойищ яги Аллагьасе гIоло хIакъаб жоялдайищ абураб.   ГIаишатидасан бицун...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


Кутлаб росдал гӀолилазулгун дандчӀвай

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана, ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председателасул хIаракаталдалъун, Кутлаб росдал гӀолилазулгун дандчӀвай. Данделъиялда гIахьаллъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀиги. Гьалбадерида гьоркьор рукӀана районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан...


ХIажизабазул масъалабазул бицана

Россиялъул хӀажизабазе хӀеж ва гӀумра гӀуцӀиялъул суал гьоркьоб лъураб Россиялъул Федерациялъул Генералияб консуллъиялда (СагӀудиязул ГӀарабия) Жиддаялда тӀобитӀана данделъи. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурад; Рамазан Ибрагьимов – Дрялъул...


Руччабазул мактаб

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан ХIажиева Умагьани щвана Унсоколо росулъ бугеб руччабазул мактабалде. Гьенир цӀалулел руго батӀи-батӀиял ригьазул руччаби. Гьениб гара-чIвари гьабуна цӀалдохъабазулгун, школалъул мугIалимзабазулгун, бицана росдал школалъул лъималазул...