Аслияб гьумералде

ХIайваналдаги рекIун лъугьина Алжаналде

ХIайваналдаги рекIун лъугьина Алжаналде

ХIайваналдаги рекIун лъугьина Алжаналде

Гьал руго хIежалде ине гIадамал къватIире рахъине хIадурлъулел къоял. ХIеж буго гьелъие нухлул, сахлъиялъул, боцIи-малалъул рахъалъ хIалкIвей бугев чиясда БетIергьанас ﷻ тIад гьабураб парз. ХIежалъул рукнабазул цо-цоял руго Адам аварагасул заманалдасаго рачIарал. ХIавагун цадахъ гьел алжаналдаса къватIире рачIун хадур, данделъун руго ГIарафа магIарда. Адам аварагас хIеж гьабун буго 40 нухалъ. Гьелдаса хадуб гIемерисез гьабулаго щвараб буго нилъер умматалдеги хIеж борхи.

Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Я, гьал гIадамал, Аллагьас ﷻ нужеда тIадаблъун гьабуна хIеж борхи, гьединлъидал нужеца хIеж борхе», - ян. ХIежалъул заманалда хъола къурбанги. Къурбан хъвей буго Ибрагьим аварагас Аллагьасе ﷻ мутIигIлъи загьир гьабун жиндирго вас ИсмагIил хъвезехъин вукIун (гьесул бакIалда хисун хъвезе БетIергьанас ﷻ куйги бачIун), гьесул заманалдаса байбихьун бачIараб гIамал.

ГIалимзабаз бицухъе, къурбан хъвей буго цо нухалъгIаги муъминчияс гIумруялда жаниб гьабизе лъикIаб гIамал. Къурбан хъолел къоял ккола зулхIижа моцIалъул 10-абилеб къоялдаса байбихьун, хадусеб лъабго къо. Гьеб гIамалги буго кутакалда кири цIикIкIараб. ГIали-асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Къурбаналъе хъвезе хIайваналда хадув вахъарав чиясе тIамураб щибаб гали рикIкIун 10 кири хъвала, 10 мунагь чурула, бича-хиси гьабулаго абурал рагIаби Аллагь ﷻ рехсейлъун бугеб тасбихIлъун хъвала, хIайваналъухъ кьураб щибаб диргьам рикIкIун 700 лъикIаб гIамалги хъвала. Хъвезелъун хIайван ракьалда бегизабидал, жив вугеб бакIалдаса байбихьун анкьабилеб зодоре щвезегIан ругел киналниги махлукъатаз гьесул мунагьал чури тIалаб гьабула. ХIайваналъул щибаб бидул къатIраялдаса малаикги вижула, къиямасеб къо чIезегIан гьев чиясул мунагьал чури жидеца тIалаб гьабизе ругел», - ян.

Гьединаб даражаялъул кири щолеб гIамалалдаса буго къурбан хъвей. Хириял бусурбаби, гьаб заманалда къурбан хъвезе босулеб гIиялъажоялъухъ кьезе мухь гьечIел чагIи къанагIат гурони рукIунаро. Гьединлъидал, рачIа нилъеца Аллагьасул ﷻ разилъи щвеялъул мурадал, гьеб гIамал гьабизе.

Имам ШафигIияс абун буго: «Дица лъикIаблъун бихьизабуларо рес бугев чияс къурбан хъвечIого тезе», - ян.

Ибну ГIаббасица абун буго, цогидаб хъвезе рес батичIони, камилаб къурбанлъун рикIкIунеблъун гьечIониги, гьеб къоялъ хIелекогIаги хъвейилан. Гьел рагIабазул магIна бугин хъвалеб буго, къурбанкъоялъул хIурмат гьабун щиб бугониги хъвезе лъикIаб букIин бихьизаби. Щайин абуни, къурбан хъвеялъулъ аслияб жо ¬БетIергьансе мутIигIлъи загьир гьаби бугелъул.

Къурбан хъвеялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ абулеб буго, Аварагасул ﷺ хIадис бугин: «Къурбан къоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе ﷻ бокьулеб Къурбан хъвей буго», - ян (Тирмизи). Цогидаб хIадисалда буго: «Къурбаналъе хъураб жо къиямасеб къоялъ жиндир лълъурдулгун, расгун, щанкIлалгун бачIине буго. Гьелъул би ракьалде тIинкIилалдего Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб бакIалде бахуна, гьединлъидал нуж къурбан хъвеялдаса рохун рукIа», - ян (Абу-Давуд). Амма Аллагьасе ﷻ гIоло хъолеб жо къурбан бугониги, гьелъул гьан, би яги цогидаб БетIергьанасде ﷻ щоларо, Гьесде щолеб жо буго нилъер ният, Гьесдаса ﷻ бугеб хIинкъи. «РакI разиго, кири щвеялда ракIги чIун, Аллагь ﷻ разилъиялъул мурадалда жинца къурбан хъун щив чи вугониги, гьесие хъураб къурбан жужахIалда цебе пардавлъун чIола», - ян абулеб буго ХIакимица бицараб хIадисалда.

Къурбаналъе хъолел жалги рукIине хириял руго гIунгутIаби гьечIел, кьариял, багьаял (АхIмад). «Нужеца Къурбаналъе хъолеб хIайван кIудияб хъве, къиямасеб къоялъ гьеб нужги тIад рекIун алжаналде ине буго», - ян буго хIадисалда (Дайлами).

Аллагьас ﷻ щивасе рес гьабеги гьеб хирияб гIамалалдаса пайда щолеллъун рукIине! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...