Аслияб гьумералде

Ибрагьимияб салават

Ибрагьимияб салават

Къуръаналда ТIаде-гIанав Аллагьас ﷻ аварагасде ﷺ салават битIеян амру гьабуна, хIатта Аллагьас ﷻ Жинцаго ва гьесул малаикзабазги битIула. Гьеб машгьураб аятги буго.

 

Салаваталъул магIна ккола авараг ﷺ кIодо гьави, салам ккола унти-балагьалдаса цIуни. Гьеб дугIалъунги ккола.

Жакъа бицен гьабизе бокьун буго «Ибрагьимияб» салаваталъул. Гьеб бищун хирияблъунги рикIкIуна, суннатабги буго щибаб какилъ, аттахIият цIалун хадуб, битIизе. Какилъ гьеб цIаличIого тезеги рекъараб гьечIо. Какилъ битIеян аварагасги ﷺ абуна. Щайгурелъул гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисалда тIад гIемерал имамзаби рекъана, хасго имам Бухари ва Муслим.

АхIмад Савияс «Адабу Муфрад» абураб тIехьалда хъван буго имам Бухарияс жиндирго тIахьазда рехсанин абунги: «Гьаб салават цIаларав чиясе Дица (аварагас) нугIлъи гьабула къиямасеб къоялъ шагьадат битIанин абун ва шафагIатги гьабула», - ян.

Гьале гьеб салават: «Аллагьумма салли гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад. Кама саллайта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим. Ва барик гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад, кама баракта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим, фил гIаламина иннака хIамидун-мажид»

МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, салават лъе МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца салават лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибрагьимил агьлуялдаги. Баракат лъе МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца баракат лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибарагьимил агьлуялда, кIиябго рокъоб. Мун (БетIергьан) мустахIикъав вуго реццалъе ва сахаватавги вуго».

Цо-цо гIалимзабаз рехсана: «Азарго нухалъ гьаб салават цIаларав чиясда макьилъ авараг ﷺ вихьичIого хутIуларин», - абун. Гьеб рехсана «Асрару раббанияти вал-фуюзати» абураб тIехьалда.

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуния» абураб тIехьалда абуна: «ГIалимзабаз далил бачана гьаб салават бищун хирияб букIиналъе ва аварагас ﷺ асхIабзазда жинцаго малъун букIиналъ. Щайин абуни, аварагас ﷺ жиндиего тIаса бищуларо бищун хирияб жо гурони», - ян.

АхIмад Савияс «Адабу Муфрад» абураб тIехьалда хъван буго имам Бухарияс жиндирго тIахьазда рехсанин абунги: «Гьаб салават цIаларав чиясе Дица (аварагас) нугIлъи гьабула къиямасеб къоялъ шагьадат битIанин абун ва шафагIатги гьабула», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...