Аслияб гьумералде

Бухьен щула гьаби

Бухьен щула гьаби

Бухьен щула гьаби

Иман буго Аллагьасда ﷻ божиялъул аслу. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нилъее бугеб нигIмат, жибги кидаго хIалбихьиялда ва хисиялда букIунеб. Цо-цо мехалъ иман загIиплъула, цебе букIараб къуват лъугIула.

 

Щивас кьезе ккола жиндирго иманалъул жаваб ва гьеб тIаде босаравги щивав вуго, гьес къачIазе ккола иман. Щивав чиясда ракIалда чIезеги ккола иман жиндаги ТIадегIанав Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб бугеб бухьен букIин. Иман щула гьабиялъ щула гьабула нилъедаги ТIадегIанав Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб бухьенги.

Кинха цIунилеб иман?

 

ЛъикIал гIамалал гьари

Иман божилъиялъул аслулъун бугелъул, лъикIал гIамалал гьариги буго гьелъул аслу. ЛъикIал гIамалаз щула гьабула иман. Аварагасул ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Иман букIуна рекIелъ, гьениб иман къарарлъула ва щулалъула гIамалаздалъун», - абун.

ЛъикIал гIамалал гьариги букIуна щибаб ишалъулъ. ХIадисалда буго: «Иманалъул буго лъабкъоялда анцIго гIаркьел. Гьелъул бищун тIадегIанаб – ла илагьа илла Ллагь, бищун гIодобегIанаб – гIадамазе квалквал гьабулеб жо нухдаса нахъе инаби буго», - ян.

 

Къуръан цIали

Къуръан буго чиясе гьаб дунялалдаги ахираталдаги талихIаб гIумру букIиналъе цебехъан. ГIемер букIуна чиясул иман дагьлъун: рахIатхвараб, чорхолъе загIиплъи бачIараб, гьабулеб иш билълъунарого, сундего гъира гьечIого бугеб мех. Гьединал хIалазулъ гьабизе бищун беццулеб гIамаллъун буго Къуръан цIали.

Гьеб буго Аллагьасул ﷻ Калам, нилъее гIумрудул нухда цIва. Гьеб цIалиялде кIвар гIемер буссинабулеб букIарабани нилъеца, гьенир ратилаан гIемерисел суалазе жавабал, кантIиялъе нух, рекIел унтабазе дару ва гь. ц. Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нижеца Къуръаналда рещтIинабула жиб муъминзабазе дарулъун ва рахIматлъун бугеб», - абун (сура «ал-Исраъ» 82 аят).

 

Сардил ахир гIибадаталда тIами

Сардил лъабил бутIаялъул ахирисеб мех буго муъминзабазе хассаб, жиндилъ кутакалда пайда цIикIкIараб заман. Гьеб буго лагъ БетIергьангун хассго гIагарлъулеб заман. Гьеб буго гIемерисеб халкъ кьижараб гIуж. ХIадисалда абулеб буго: «Сардил лъабил бутIаялъул ахирисеб гIуж щведал… Аллагьас ﷻ гьикъула: «Дир лагъзадерил хIакъалъулъ (гьезул хIажатал халгьарун) Дица ﷻ цIехолелдаса цIикIкIун лъицаго цIехоларо. (Малаикзабазда цIехон абула) Лъица гьарулеб бугеб Дида жаваб гьабизе?! Лъица дугIа гьабулеб бугеб Диде, Дица жаваб гьабизе?! Лъица тIалаб гьабулеб бугеб тIаса лъугьин Дица тIаса лъугьун тезе?!» - абун. Гьеб гIуж буго гьабураб гIибадаталъ лагъасе кIудияб пайда кьолеб, дугIа къабуллъулеб, мунагьал чури тIалаб гьабидал гьел тIаса лъугьун толел, черхги къуватлъулеб. Дунялалъул макьуги рехун, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъе заман кьеялъ Гьесул ﷻ разилъи щвезабула ва ракIги иманалъ цIезабула.

 

Зикру бачин

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дун рехсе, Дица нужги рехсела. Дие (нужее Дица кьун ругел нигIматазухъ) шукруги гьабе…», - абун (суратул «Бакъарат» 152 аят).

Иман загIиплъи халлъараб мехалъ гьеб цIигьабизе ккола кIванагIан Аллагь ﷻ рехсон, зикру бачун.

Аллагь ﷻ рехсей буго гIемер хасал шартIал яги къуват кьун тIалаб гьабизе кколареб гIибадат. Гьелъие къваригIунеб жо буго гIицIго Аллагьасдехун ﷻ рокьи бугеб ракI ва Гьесул ﷻ цIобалде бугеб хьулгун божилъи. Гьединаб ракIгун дагьаб бугониги гьабураб Аллагь ﷻ рехсеялъ кIудияб пайда гьабула муъминчисе.

Муъминчиясде зикруялде лъугьараб мехалъ щола Аллагьасул ﷻ цIоб- рахIмат, гьев сверун ккола малаикзабаз, рещтIуна гIодобе биччараб хIал.

Иман гIицIго диниял ишал гьари гуро кколеб, иман буго рекIел гъварилъуде жинца кьалбал риччалеб ва гьарурал гIамалаздалъун тасдикъ гьабулеб иш. ГъветIалъе хъулухъ гьабидал гьеб лъикI гIолеб кинниги, иманги буго чиясулъ цIикIкIунеб, кIодолъулеб, гIолеб букIунеб жо. Амма хадуб хъулухъ гьабичIони, гьелъулги пихъ кьей загIиплъула ва ахиралда бакъвала.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ рижун руго Гьесие ﷻ гIибадат гьабизе. Аллагьас ﷻ рихьизарурал гIорхъаби цIунун гьабеян амру гьабуралда гIамал гьабун хьвадулел ругони, нилъер тIубараб гIумру лъугьуна гIибадаталда тIамураблъун. Гьелъ щибаб жоялъулъ ният цIунизе ккола Аллагьасул ﷻ амру тIубазаби, нагьюялдаса рикIкIалъи абун.

Тавпикъ кьеги щивасе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...