Аслияб гьумералде

ГIазабищ яги рахIматищ?

ГIазабищ яги рахIматищ?

Сахлъиги унтиги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бижана Жиндирго хIикматалдалъун. Цо-цояз БетIергьанасде гIайибчIвала тIаде бачIараб балагь, унти сабаблъун. Лъалебани нилъеда гьелда жаниб бугеб БетIергьанас лъураб кIудияб хIикмат ва нилъее бугеб пайда. Амма нилъеда гьеб лъаларо ва бичIчIуларо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ чиясде унти биччазе бегьула нилъеда кIочон течIого вукIине нилъ рижарав Халикъ. НигIматазулъ тIерхьун рукIаго, нилъедаго лъачIого Аллагь кIочон ватула.

 

МугIаз бин Жабалица бицана: «Аллагьас ﷻ муъминав лагъ унти тIаде биччан балагьалъукье ккезавидал, квегIаб рахъалда вугев малаикасда абула гьесда тIаса къалам нахъе босеян (жинца гIамалал хъвалеб), кваранаб рахъалда вугев малаикасда абула сах-саламатго вугев мехалъ гьабулеб букIараб гIамалалдаса жеги лъикIал гIамалал хъвай гьанже гьесие», - ян.

Унтиялъ нилъер ругел гъалатIал ва мунагьал чурула. ГIагарал-гIунтIаразда ва лъалезда гьоркьов унтарав чи вугони, раккизе ине суннатаб буго.

Имам Гъазалияс абуна: «Унтарасухъе ваккизе унесул адабалдасан ккола гьелгун берцинго вукIин, пашманлъи загьир гьабе, дагь кIалъай ва гьими тей», - ян.

Жаназа тIобитIулеб мехалъ адабалдаса ккола хушугIалда вукIин, хабар бицин тей, хвалил пикру гьаби, кIвараб кумек жаназа къачIаялъе гьаби ва кIванагIан гьеб букъизе гIедегIи.

Гьединго нилъеца пикру лъикIаблъун гьабила хварав чи фасикъав ватаниги, тIаде балагьун лъикIав вукIин кканиги. Щайгурелъул, ахир гьесул кин ккарабали нилъеда лъаларо.

ТIабаранияс абуна баракат щвезе рес бугесухъе ваккизе ин цIакъго лъикIаб бугин. ЛъикIав чиясухъе ин суннатаб буго, цогидазухъе ин хIалалаб буго.

Шайих Юсуф ХатIар МухIаммадица абуна, ният берцинаб ва бацIцIадаб бугони унтарасухъе ваккизе унаго, алжаналде нух бигьа гьабулин абун.

Абу Дардаихъе цо чи вачIуна ва зигардула жиндир ракI къасаватлъун бугин абун. Абу Дардаица абула гьеб бугин бищун кIудияб унти. Мун айин унтарасухъе зияраталъ, жаназа букъиялъулъ гIахьаллъи гьабейин ва хабалаздаги айин абун. Гьев чияс гьедин гьабидал, ракIалъе бигьалъиги щвана.

 

МАЛЪА-ХЪВАЙ

Унтарасухъе индал гIемер гIодор чIезе лъикIаб гьечIо, цIех-рех дагь гьабила, гурхIел загьир гьабила, сахлъи кьегийин абун дугIа гьабила, рахъ-рахъалде гIемер берал речIчIизариларо.

Унтарасе рекъараб буго унтуда сабру гьабизе, зигардичIого чIезе. ДугIа гьабун БетIергьанасде ахIи бала, хадуб Аллагьасде I таваккалги тIамила.

 

 

Аллагь ﷻ разилъаяв ГIали-асхIабас бицана, хирияв аварагас ﷺ абулеб рагIанин: «Цониги бусурбанчи гьечIо жинца унтарав диналъул вацасухъе радал мехалъ зиярат гьабун, гьесде къаси сордо щвезегIан лъабкъоялда анцIазарго малаикас свалат битIун гурони. Гьединго, къаси зиярат гьабуни, рогьинегIан лъабкъоялда анцIазарго малаикас гьесде свалат битIун гурони», - ян. Свалат-салам лъеяв аварагас цогидаб хIадисалда абулеб буго: «Унтарав чиясул угьди тасбихI буго, гьесул ахIдей Аллагь рехсей буго, гьесул хIухьел цIай садакъа кьей буго, гьесул кьижи гIибадат буго, гьесул цо хьибилалдаса цогидалде свери Аллагьасул нухда гъазават гьаби буго, сах вугев мехалъ гьес бищун лъикI гьабулеб букIараб гIамалалъул кириги хъвала гьесие», - ян.

Ибну ГIумарица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца унтаразда кваназе ва гьекъезе хIал гьабуге, хIакълъунго, гьел Аллагьас кваназеги гьекъезеги гьарула», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...