Аслияб гьумералде

Дуца кьуни, дуеги кьола

Дуца кьуни, дуеги кьола

Дуца кьуни, дуеги кьола

БетIергьан Аллагь ﷻ вуго сахаватав, квер биччарал гIадамал рокьулев. Жидер бугеб чидае кьолезде Гьес ﷻ баракат чваххизабула, рукIа-рахъиналъе гьабулеб пишаялъулъ бигьалъиги кьола. Къарумал, хъантIарал гIадамал Аллагьасе ﷻ рихарал руго, гьезул боцIи-мал гIемер бугониги, баракат гьечIеб букIуна, гьабулеб магIишатги захIмат бихьараб букIуна. Сахаватлъи ккола бусурбанчиясул тIабигIатазул бищун цебесеб, хIатта гьеб буго Аллагьасул ﷻ сипатазул цояб.

 

Къарумал какун, сахаватал реццун бачIараб хIадисалда буго: «Сахаватлъи буго жиндир кьалбал Алжаналдаса ругеб гъветI. Гьеб гъотIол гIаркьалабазда хурхин тIалаб гьабурав Алжаналде лъугьинчIого чара гьечIо. Къарумлъиги буго гьебго гъветI, жиндир кьалбал жужахIалъур ругел. Гьелъул гIаркьалабазда хурхин тIалаб гьабуравги ахир-къадги жужахIалде ккола», - абун (Байгьакъи).

Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Алжан сахаватал гIадамазул рукъ буго», - ян. Садакъа кьеялда сахаватлъи бихьизабиги балъго гьабизе цIакъго хирияб буго. Ибну ХIибаница бицараб хIадисалда буго: «Балъгояб садакъаялъ Аллагьасул ﷻ ццим бахъин свинабула, гIагарлъи хурхинабиялъ гIумру халат гьабула, Аллагьас ﷻ амру гьабураб гьабиялдалъун балагьаздаса цIунула», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ мунагьал чури тIад гьабулеб жоялдасан ккола: мискинасе тIагIам кьей, гIадамазда гьоркьоб салам тIибитIизаби ва берцинаб калам гьаби», - ян.

Жакъа дунялалда рукIаго нилъее бугеб цоги талихIалдасан буго, хвараб къоялдеги батулеб, хведалги гьоркьоса къотIулареб, садакъатун жарият гьаби. Гьебги буго нух гьаби, кьо бай, мажгит-мадраса гIадаб жамгIияб бакIалде садакъа гьаби, Аллагьасул ﷻ нух ккураб наслу нахъе тей. Гьел гIамалал руго, нилъ хваниги, жал хIалтIизе ругел, кири бачIинги гьоркьоса къотIизе гьечIел пишаби.

Лъазе ккола нилъеде цогидазул бугеб хIажат Аллагьасул ﷻ рахъалдасан нилъедехун бугеб тIадкъай букIин. Щайин абуни, жакъа нилъехъ бугониги гьеб кколелъул Аллагьасул ﷻ буголъи ва лъикIалъе хIалтIизабизе нилъее рес щвараб.

Сахаватлъи жиделъ бугезул лъимал-хъизанал Аллагьас ﷻ балагьаздаса цIунула, квен-тIехалда, буголъиялда баракат лъола, хIажат гьечIел чагIи рикIкIад гьарула, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат бахинабула.

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...