Аслияб гьумералде

Нилъ кантIизе кколеб

Нилъ кантIизе кколеб

Такъва ккола ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ бугеб хIинкъи. Гьеб цIакъ гъваридаб жо буго. Такъваги щивав чиясул батIи-батIияб букIуна. Такъва бугев ритIухъавлъунги вукIуна. Гьев хIинкъула ТIадегIанав Аллагьасдаса, гьабуларо кинаб бугониги мекъаб иш.

 

РитIухълъи ккола Аллагьасе ﷻ бокьулеб гIамал. Жиндирго хутIбаялда Абубакрица абуна: «Дица нужее васият гьабула Аллагьасдаса ﷻ хIинкъаян», - абун. ТIаде хвел бачIиндал, аскIовеги ахIун, ГIумар-асхIабасда абураб рагIи ккола: «Мун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа, ГIумар», - ян.

Авараг ﷺ вукIана бищун цIикIкIун такъва бугевлъун. Аварагас ﷺ абулаан такъва рекIелъ букIунин. Загьиралда нилъеца гьабулеб жо гуро такъва. Такъва бугев чиясул загьирги батIинги цадахъ букIуна. Гьеб ккола хIакъикъияб исламги.

ГIумар-асхIабас жиндирго вас ГIабдуллагьихъе хъвана: «Дица дуе васият гьабула Аллагьасдаса ﷻ хIинкъайилан. Гьевгун мун чара гьечIого дандчIвазе вуго», - ян.

Балагье ГIумар-асхIабасул рагIабазул гъварилъи. Гьес гIемераб пайдаяб хIалтIи гьабуна халипат цебетIезабиялъе. Цо нухалъ ГIумар-асхIабасда абула: «Мун нижеда гьоркьов вугебгIан заманаялъ гIадамал лъикIлъиялда рукIина», - ян. ГIумар-асхIабас абула: «ГIадамал лъикIлъиялдаса унаро гьел Аллагьасдаса разиго ругелгIан мехалда», - ян.

ГIали-асхIабас абуна: «Дунялалъул рокъор сайидзабилъун ккола сахаватал гIадамал, ахираталда сайидзабилъун ккола Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал гIадамал», - ян.

МугIаз бин Жабалица абуна: «Такъва нахъе унаро хIалалаб жо течIебгIан заманалда, ай хIарамаб жоялде ккезе гурин хIинкъун».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Нуж Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа хIакъаб хIинкъиялдалъун», - илан (сура «Алу ГIимран», аят 102). ХIисаб гьабуни, нилъ хIинкъизе кколеб аят буго гьаб.

Ибну МасгIудица гьеб аяталъул хIакъалъулъ гьадин абуна: «Аллагьасе мутIигIлъе гIасилъи гьабичIого, Аллагь рехсей кIочон течIого ва Аллагьасе ﷻ щукруги гьабе», - ян.

Гьелъие тафсир гьабулаго аварагас ﷺ абуна: «Кидаго Аллагьасе ﷻ мутIигIлъун рукIа, гIасилъичIого. Аллагь ﷻ рехсолеллъун рукIа, Аллагь ﷻ кIочене течIого. Щукру гьабулеллъунги рукIа, гьеб кIочон тун рукIинчIого», - ян. Гьаб аят рещтIиндал, асхIабзаби гIодана: «Кинха нижеда кидаго Аллагьги ﷻ кIоченчIого рукIине кIолел?» - янги абун. Гьеб мехалъ аварагас ﷺ абуна: «Нужеца, ГIиса аварагасул къавмалъ гIадин, «мутIигIлъизеги мутIигIлъана, нахъеги гIассилъана», - ян абизейищ бокьун бугеб? Аллагьас ﷻ амру гьабураб хIалалда рукIа», - ян.

АсхIабзабазги таваккал тIамуна гьедин рукIине ругин (лахIзаталъ Аллагь ﷻ кIоченчIого, лахIзаталъ Аллагьасде ﷻ гIасилъичIого) ният-къасдги гьабуна. Гьезул ниятазулъ унго-унгояб ритIухълъи ккун хадуб, Къуръаналъул аят рещтIана (магIна): «Нуж Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа нужеда хIалкIвараб къадаралда», - абун.

Такъва бугел, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулел чагIазе бугеб даражаялъул бицарал гIемерал аятал руго Къуръаналда. Аллагьас ﷻ такъва бугел чагIи кутакалда реццулелги руго: «Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа нуж, гьеб буго унго-унгоял, щулиял, къвакIарал ишаздасан», - ян.

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Такъва, гIицIго къад кIал кквей, къаси сардилъ какал рай гуро. Такъва ккола Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб тун, Аллагьас ﷻ тIадкъараб тIубан рукIин. Гьелдаса хадуб лъикIлъиялъе ризкъи кьурасе, лъикIлъиялде тIаде лъикIлъи щварав чи ккола», - ян.

Жакъа гIадинаб гIемераб пасалъи тIибитIараб заманалда нилъ цIакъго хIажат руго такъваялда тIад хIалтIи гьабиялде. Амма нилъеца щварабщинаб кваналебги бугони, кинха гьеб цIикIкIинеб?

Къуръаналда буго (магIна): «Нуж Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа, Аллагьас ﷻ нужеда гIелму малъизе буго», - ян. Аллагьас ﷻ малъулеб гIелму я цIалун, я рагIун лъалеб гIелму гуро, гьеб буго унго-унгояб хIалалъ Аллагьасукьа ﷻ хIинкъараб мехалъ Аллагьас ﷻ нилъер рекIелъе рехулеб гIелму. ТIарикъаталъул чагIаз гIемер бицунеб «гIелмул батIин» буго гьеб, гьанжесел бидгIачагIаз жинде инкарги кколеб, Къуръаналда гьеб гIелму Аллагьас ﷻ кьолин абунги букIаго.

Цере рукIарал гIалимзабаз щаклъи бугеб хIалалаб жоцин толаан, хIатта кванилъцин, хIарамаб батизе гурин хIинкъун. Нилъер гIамалалин абуни гIаксалда руго. ХIарамаб жо кваналеб батула якъинго лъалеб бугониги ва гьелъул кIварги гьабуларо.

Гьединго нилъ зигардула берцинго как базе, тIагIат гьабизе бажарулеб гьечIин абун. ГIасилъиялда ругел, хасго якъинго хIарамаб жо кванарал лугбал, бацIцIадаб тIагIат гьабиялъе мукIурлъуларо.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...