Аслияб гьумералде

ЛъикIлъиялъ бекье хур

ЛъикIлъиялъ бекье хур

ЛъикIлъиялъ бекье хур

КъваригIелги тIубан рокъове тIадвуссун вачIунев дун, МахIачхъала шагьаралъул рагIалде щолев вукIана, бакъул чIораз Таргъу мегIералъул тIогь жеги хинлъизабулеб гIужалда.

Нухги битIун, ракIалда букIараб мурадги тIубан рокъове гIедегIулев дилъ цо кинабалиго чIухIиялъул асар загьирлъулеб букIана. АскIосан «роржун» унел «Жигулабаздеги» «Волгабаздеги» ракI щолеб букIинчIо. Кинха щвелеб, паркъелеб бугеб «Мерседес» букIиндал гъоркь рекIун. СанагIат ккара-ккаралъуб чIезабулаан дица гьеб, дагьав рикIкIадегIан ун рокьи ккарай ясалъухъ гIадин балагьулаан гьелъухъги къинкIун. ЯхI гьабизе кIолароан хIурул асар тIад ккун гьечIониги, гIазугIан хъахIаб чIартица, бакI-бакIалдаса «айгъир» бацIцIинчIого.

Рокьул гурони кучIдул ахIизе лъаларел Дагъистаналъул «цIвабзазул» кечI-бакъаналда гъоркь, пиштIанакуги бачунаго вачIунев дида нухлул рагIалда халлъана цо васасул сипат. Гьес квер хьвагIулеб бугоан дица машина чIезабизелъун. Амма гIисинлъималазе чIезабулеб «Мерседес» дир гьаб гурелъул, «гудбайилан» ракIалъ гьесдаги абун, цевехун унаго «званкъилан» абулеб гьаракь бахъана. Гьеб параялъ дида бичIчIана дир «айгъиралда» гамачI речIчIараблъи.

КъватIиве вахъун хал гьабидал, хIакъикъаталдаги багажникалъул тIохалъул саламатабго бакI жанибе гьунтIизабун бугоан. Дида лъаларо чан гали дица тIамурабали, амма лахIзаталда жаниб щун ватана гьев васасде аскIове ва дидаго лъачIого щекъер ккун батана 8-9 сон барав гIадав гьесул. Гьесул бадиса чваххулеб магIуялъги, Аллагьасе гIоло тIаса лъугьайилан гьарулеб хIеренаб, рагIулеб-рагIулареб каламалъги лъавуде вачIинавуна дун. «Щай дуца дир машинаялда гамачI речIчIараб? Дуда гьаб щиб машинаялиго лъалищ? Гьалъул багьа…», - ян хъирхъидизе лъугьана дун.

- Дуе квешлъи гьабизе бокьарав чи гуро дун, амма машинаялда гамачI речIчIичIого рес букIинчIо. Гьаниве валагье, дир вац вуго гьав, коляскаялъуса нухлул рагIалде вортарав. Дида кинго кIолеб гьечIо гьев тIадеги ворхизавун цIидасан коляскаялъув лъезе. КигIан ахIданиги, нухде лъугьун цере кверал ккун кумек гьараниги лъицаниги чIезабулеб гьечIо машина. Дудаги ракIалда букIинчIо лъалхъизе. Гьелъ, чара къосиналъ, речIчIана гамачIги, - ян синкъиялда гIодулаго бицунеб букIана васас. Нухлул рагIалда, коляскаялъул рагIалги ккун, хIурулъ ккун вугоан гьесул сакъатав вац.

Гьеб лахIзаталда жаниб дида цебе бачIана дирго лъимерлъи, цIар лъезе лъалареб унтиялъ бохдулги ккун, рекIине коляскацин щолеб букIинчIеб заман. Саламатав чи эбелалъул мугъзада ваччун вукIунаан дун, бохдулги дал-дализе риччан. Амма, талихIалъ, дие мадар лъугьана, унти кIочана. КIочана доб заман, кIочана хIортIе чвердезе инелъун тIад рекIине хIамацин щоларого букIараб мех. КIочана, хIама щваниги, хIамиде дунго вахинавизе гIадан-чиясул кумек хIажалъун рахъ-рахъалда лъун рукIунел рукIарал эбелалъул берал...

… КIиабилеб сон буго «Мерседесалда» рекIун вугелдаса. Кинавго чияс абула багажникалда бугеб «ругъун» щай сах гьабуларого бугебилан. ХIатта лъалел-хъвалел лъугьуна щибго лъаларедухъ жидеца битIизабилин гьебилан. Дицайин абуни ургъунго «бухьунеб гьечIо ругъун». Щайгурелъул, гьеб бихьанщинахъе дун валагьула сверухъе, гьечIодай дидаса кумек хIажатав чияли хал гьабизе. Дун валагьула сверухъе, кумек хIажатасул гьариги рагIичIого гамачI речIчIун бачIинадайин хIинкъун.

МУХIАММАДХIАБИБ МАХIАТIОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...