Аслияб гьумералде

Къокъаб баян

Къокъаб баян

МухIаммад авараг ﷺ ккола Адамил рижиналъул, Ибрагьим-аварагасул диналъул, ИсмагIил-аварагасул наслуялъул, Къурайш абураб тухумалъул, Гьашимияб кьибилалъул вацIадав гIарабияв. МухIаммад гьавуна Маккаялда, гьесул инсуда цIар букIана ГIабдуллагь, эбелалда Аминат. Гьев вукIана берцинаб рижиялъул гьайбатав инсан.

 

Авараг гьави

Авараг ﷺ гьавуна Маккаялда, РабигIул аввал моцIалъул 12 къоялъ, рогьалил гIужда (571 соналъул 20 апрелалъ, гьебги букIана итни къо). Гьев гьавураб гIужалъ лъугьана батIи-батIиял гIаламатал.

Аварагасул ﷺ эмен ГIабду-ллагь хвана жеги МухIаммад ургьив вукIаго. МухIаммад абун аварагасда цIарги лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица, Аллагьас ﷻ гьеб пикру ботIролъе рехиялдалъун. Аварагасул ﷺ цIаралъул магIнаги ккола «Жиндие рецц гьабулев» абураб.

МухIаммад ﷺ гьави ккола дунялда лъугьаралги лъугьине ругелги лъугьа-бахъиназул бищун тIадегIанаб хирияблъун. Аварагасдехун ﷺ бусурбанчиясул букIунеб унго-унгояб рокьи рикIуна иманалдаса цо бутIалъун. Гьелъ щивас хIаракат бахъизе ккола Авараг ﷺ гIемер вокьизе. ГIемер Авараг ﷺ вокьула гьесул гIумру лъазабиялдалъун.

 

Аварагасул лъимерлъи

Аварагасул ﷺ эмен ГIабдуллагь хвана 25 сон барав чи вугеб заманалъ. 6 сон барав вас МухIаммад вугеб заманалъ эбел Аминатги хвана. Эбел хун хадув МухIаммад кIудияв эмен ГIабдулмутIалибихъ вукIана. 8 сон бараб мехалъ хвана кIудияв эменги. Гьеб мехалъ МухIаммадил тIалаб гьаби тIаде босана инсул вац Абу-ТIалибица. ГьавизегIанго эмен, хадуй збел цинги кIудияв эменги хун Авараг бесдаллъиялъулъги букIана кIудияб хIикмат – Аллагьас бихьизабуна Жинцаго Аварагасе кьезе букIин тарбия, гIелму ва гIакълу.

Балугълъиялъул гIумруялде вахунеб гIужалда байбихьана Аварагас ﷺ гIиял хьихьун бетIербахъи гьабизе.

ГьитIинаб къоялдасаго гьес киданиги бицинчIо гьереси. Берцинаб гIамал-хасият бугев вас вукIиналъ гьев Маккаялъул агьлуялъеги кутакалда вокьулаан. Гьелъ, абулеб букIараб буго Маккаялъул гIадамаз гьесде «МухIаммад-амин» абураб цIарги (ритIухъав, ракIбацIадав, божилъи гьабизе бегьулев МухIаммад абураб магIна).

 

Аварагасул рахьдал эбел

Доб заманалда Маккаялъул гIадамазул букIана жидер лъимал хахизаризе гIарацги кьун росабалъа руччабазухъе кьолеб гIадат. ГIарабаз рикIкIунаан шагьаразда гIурал лъимал загIипал рукIунин, гIалхуда росабалъ ругел лъугьунин сахал къуватал кIалъазе пасахIатлъи бугелин абун. Гьединлъидал, кьолаан гIалхул гIарабиязул руччабазухъе хахизаризе ва лъимерлъиялъулал сонал гIалхуда базе. Жеги Макка букIана гIумру гьабизе багIарараб бакIги.

 

Гьедин, МухIаммад хахизави тIаде босана Аминатица. Жеги гьев хахизавурал рахьдалулбул ккола Сувайбат, Мунзирил яс ХIавлат, Умму Айманги.

 

Аварагасул умумул

ГIалимзабаз абураб кинниги щивав бусурбанчиясда лъазе ккола Аварагасул ﷺ умумул.

Инсул рахъалъан: ГIабдуллагь, ГIабдулмутIалиб, Гьашим, ГIабдулманаф, Къусайю, Килаб, Муррат, КагIбу, Луайу, Гъалиб, Фигьру, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Ильяс, Музар, Низар, МугIад, ГIаднан.

Эбелалъул рахъалъан: МухIаммад ккола Аминатил вас, гьелъул эмен Вагьб, цинги ГIабдулманаф, Зугьрат, Килаб. Килабиде щведал эбелалъулги инсулги рахъалъан насаб цолъула.

 

Аварагасул хъизан

Гьесул тIоцебесей чIужу ккола Хадижат, цинги Савдат, ГIаишат, Умму-Саламат, ЖахIшил яс Зайнаб, Жувайрият, Сафият, Умму-ХIабибат, Муймунат, РайхIанат. Гьел руччаби Аварагас ﷺ рачиналъулъ рукIана батIи-батIиял гIиллаби ва хIикматал – ислам тIибитIизаби, халкъал цолъизари, шаргIиял хIукмаби гIадамазухъе щвезари.

Аварагасул букIана 7 лъимер – 3 вас ва 4 яс. Васал: Къасим, ГIабдуллагь Ибрагьим. Ясал: Зайнаб, Рукъият, ФатIимат Уммукулсум.

 

Аварагасул тIабигIат

Авараглъи кьезегIанго Му-хIаммад ﷺ вукIана сахаватав, бахIарчияв, ритIухъав, хиянат гьабуларев, гьабураб къотIи тIубазабулев, кьураб рагIи кколев яхI бугев чи. Гьесулъ букIинчIо щибниги чIухIараб гIамал. Авараглъи кьун хадув тIадегIанаб макъамалда вугев вукIаниги, гьев вукIана гIадатияв чи, ретIел ретIи букIана чIухIи гьечIеб, гIемерисеб мехалъ ретIулебги хъахIаб букIана. Жинцаго ретIелги букъулаан хьиталги къачIалаан. ЦIияб жиндиего щвараб мехалъги цебе букIараб мискиназе кьолаан.

РекIунаан хIамида. Кумек гьабулаан рокъосез гьабулеб ишазулъ. Кваналеб кванилъ вукIана щиб батаниги батараб кванан гурони рагIи бицунарев. Кваналелъулги кIиябго квер хIалтIизабулаан, амма кванаралъ гурони босулароан.

КIалъалелъулги вукIана рагIи гьуинав, гIенеккарасул гIенчIизе гъира балев. ХIажат гьечIогоги кIалъаларев. ХIакъаб гурони калам гьабуларев.

 

Аварагасул черх

Аварагасул тIом букIана кенчIолебин кколеб хъахIаб. Гьев вукIана, Маккаялъул гIадамазул гьоркьохъел чагIаздаса дагьавго борхатаб къаркъалаялъул. Амма аскIосан кIудияб черхалъул чи унелъул гьесдаса кIудияб бугин гьесул черхинги кколаан. Черх букIана бакIа-бахъарараб къартIараб, мугъ букIана битIараб. Гьумер букIана бакъгун моцIалда данде кунчIулебин ккараб гвангъараб.

 

Авараглъи кьей

40 сон тIубараб мехалъ гьесухъе Аллагьас ﷻ рещтIине байбихьана вахIю, цинги гьев лъугьана Аллагьасул авараг ﷺ ва расуллъун. 23 соналда жаниб рещтIана Аварагасухъе ﷺ Къуръан. Гьел соназ Аварагас ﷺ халкъазда гьоркьоб тIибитIизабуна Аллагьасул ﷻ дин Ислам. МухIаммад ﷺ ккола ахирисев аварагги. 63 сон бараб мехалъ Авараг ﷺ хвана Мадинаялда. Вукъун вуго жиндир чIужу ГIаишатил рокъов, гьанже гьеб бакI Мадиналда бугеб Аварагасул ﷺ мажгиталда жаниб бакI ккола.

Аварагас ﷺ гьаб дуниял тана Аллагьасул ﷻ дин Ислам гIадамазухъе камилго щвезабун хадуб, 63 сон бараб гIумруялда, гьижрияб тарихалъул 11 соналъ, Мадинаялда. Авараг вукъунги вуго жив хвараб бакIалда ГIаишатил рокъов.

 

ахIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...