Аслияб гьумералде

Аллагьасги ﷻ рахчула...

Аллагьасги ﷻ рахчула...

Аллагьасги ﷻ рахчула...

Мадинаялда хIажизабазе хириял, исламалъул тарихалъего кIвар бугел бакIал рихьизарулаго, УхIудалде ирга щведал, гьезул цевехъан лъалхъана ва балагьун чIана.

 

Нилъеда киназдаго лъала УхIудалъул гъазаваталъул къваридаб къисмат. МегIер ккун рукIарал чIор речIчIулел, Аварагасул ﷺ изну гьечIого нахъе иналъ, бергьинехъин рукIарал бусурбабазда тIад капурзабаз кверщел босана.

Гьале, нилъер заманалда, УхIудалъул тарих хIажизабазе баянги гьабун, цо жоялъул ургъел ккарав гIадин лъалхъана цевехъан.

ХIажизабаздехунги вуссун, гьес кьуна гьадинаб суал: «Лъида лъалеб мегIер ккун рукIарал чIор речIчIулезул цIарал?» - ян. Киналго цоцахъ балагьана. Жаваб лъалев чи цониги ватичIо. Ахиралда, цояс абуна: «Нижеда лъаларо», - ян.

«Нуж божа, - ян абуна цевехъанас, - гьенив 50 чи вукIана, амма гьезул цонигиясул цIар дидаги лъаларо. Гьеб лъиданиги лъаларо. Гьезул цIарал тарихалдаги рехсон гьечIо, хIатта гьезул жидерго лъималаздаги лъудбузадаги лъалел рукIун гьечIо. Щайгурелъул асхIабзабаз цоцазул гъалатIал ва гIунгутIаби рахчулел рукIиналъ. ГьедигIан кIудияб кIвар бугеб бакIалдагицин гьез жалго къватIир чIвазаричIо».

Гьединав вукIана нилъер Авараг ﷺ ва гьес тарбия кьурал, жидеда Аллагь разилъаял, асхIабзаби. ГурхIел гIемерал, тIаса лъугьин камилал, цоцазе кумекалъе ратулел ва цоцазул хатIаби рахчизе цIакъал.

Нилъее дарс босизе гIунги тIокIаб мисал буго гьеб. Аварагасул ﷺ умматлъунги рукIаго, щай нилъ гIедегIулел цоцазде гIайибал чIвазе? Щай, ракI-ракIалъулаб насихIат гьабизе кколеб бакIалда, нахъасан кIалъан, рокьукъаб гъибат гьабулеб? Бусурбабазул гIунгутIи-мунагь бахчизе тIадаб буго, иман бугес гурони, гьеб гьабизеги гьабуларо. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Диналъул вацасул гIунгутIаби рахчарав чиясул гIунгутIаби Къиямасеб къоялъ Аллагьасги рахчила», - ян (Муслим).

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...