Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ гIоло рокьизе ккола

Аллагьасе ﷻ гIоло рокьизе ккола

Аллагьасе ﷻ гIоло рокьизе ккола

Нилъер умматалъе кьурал хиралъабаздасан ккола жиндир диналъул вац Аллагьасе ﷻ гIоло, цоги батIияб мурад гьечIого вокьиялъухъ нилъей щолеб хиралъи ва кIодолъи.

 

Аварагас ﷺ абун буго: «Лъабго пиша жиндилъ бугесда иманалъул гьуинлъи батула: 1) цогидабщинаб жоялдаса Аллагьги ﷻ Аллагьасул ﷻ Расулги ﷺ жиндие вокьи; 2) диналъул вац Аллагьасе ﷻ гIололъун вокьи; 3) куфру рихин, Аллагьас ﷻ жив гьелдаса хвасар гьавун хадуб цIадаве рехи рихунеб гIадин». Аллагьасе гIоло цоцаде рокьа-хинлъи гьабулел чагIазде Гьес ахIулила Къиямасеб къоялъ: «Кир ругел дие гIоло цоцазе рокьулел рукIарал чагIи, Дир гурони рагIад гьечIеб къоялъ», - ян.

Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукьги чIезарулила гьел. Хирияб хIадисалда буго: «Анкьго чи вуго Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь чIезарулел. Гьездасан ккола Аллагьасе гIололъун жал цоцазе рокьулел кIиго муъминчи, гьеб рокьиялда жал данделъулел ва гьебго рокьиялда жал ратIалъулел», - ян.

ХIакъикъаталдаги диналъул вац Аллагьасе гIоло вокьулев чи гьев мустахIикъав вугила Аллагьас ﷻ жиндирго рахъалъан рокьи загьир гьабун чапар витIизе, гьедин хIадисалдаги абун буго. Жинда свалат-салам лъеяв аварагас абун буго: «Цо чияс зиярат гьабун буго цоги росулъ вугев жиндирго диналъул вацасухъе. Аллагьас витIулев вуго малаик гьев унеб нухде, гьесде данде. Гьесде аскIове щведал малаикас цIехолеб буго:

- Мун киве унев вугев, - илан абун.

- Дун унев вуго дирго вацасухъе зияраталъ, пуланаб росулъе, - ян жаваб кьолеб буго нухлулас.

 - Гьес кьезе кколеб цониги жо бугищ дуе?

- ГьечIо, кинниги дие гьев вокьула Аллагьасе гIоло.

Цинги малаикас абулеб буго жив вугила Аллагьасул ﷻ рахъалдасан витIарав чапар, Аллагьасе ﷻ мун вокьулила дуе гьев лагъ Аллагьасе ﷻ гIоло вокьулев гIадин», - ян.

Гьелда релълъараб цоги хIадисалда буго: «Ва гьал гIадамал, нуж гIенекке ва нужеда бичIчIа! Аллагьасул ﷻ руго лагъзал, жал аварагзабиги шагьидзабиги гурел, амма гьезул Аллагьасда ﷻ аскIоб макъам-даража бихьидал, аварагзабазулги шагьидзабазулги гьездехун хIал хъублъулел, ай гьеб даражаялде хьул лъолел. Цинги цо гIалхул гIарабияс абунила: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, щал гьел гIадамал, аварагзабиги шагьидзабиги жидер макъамалъухъ гIащикълъулел, гьезул сипат гьабе нижее», - абун. ГIалхул гIарабиясул суалалъ авараг ﷺ вохизавунила, цинги абунила: «Гьел руго батIи-батIиял къапилаялъул гIадамал, жидеда гьоркьоб гIагарлъиги гьечIел. Амма жал Аллагьасе ﷻ гIоло цоцазе рокьулел, Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ гьезие лъола нуралъул минбарал, гьелда гIодорги чIезарула, гьезул гьурмалги ретIелги нурлъун гьабула. Къиямасеб къоялъ гIадамал хIинкъула, амма гьел хIинкъуларо. Гьел руго Аллагьасул ﷻ вализаби, гьезие хIинкъи ва пашманлъи гьечIо», - ян. Аллагьас диналъул вацазда гьоркьоб рокьи-махIабат цIикIкIинабеги. Амин!

 

ГIабдулхIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...