Аслияб гьумералде

Ширклъун ккола

Ширклъун ккола

Рияъ ккола рекIел унтабазул цо унти. Абула рияъалдаса тIуванго вацIцIалъизе цIакъ захIматаб жо бугиланги. Щайин абуни, гIалимзабаз баян гьабухъе, гьеб батIи-батIияб кьералдалъун загьирлъулеб букIун рекIелъ.

 

ГIумар ибну ХатIабица абун буго: «ГIадамазе жиндир гьечIеб тIабигIат бихьизабулев чи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIодовегIан гьавизе вуго», - ян.

ГIали ибну Абу ТIалибица абун буго: «Рияъ гьабулесул лъабго гIаламат буго: «Живго вугев мехалъ кIвахIаллъула, гIадамазда гьоркьов вукIаго тирха-кIичун лъугьуна, веццидал - лъикI гьабула, какидал - квеш гьабула», - ян.

ГIабдулкъадир Жиланияс абун буго: «Ихлас батIабахъизе кIола рацIцIадал чагIазда, ай вализабазда. Гьелда тIадчIейги гьабизе ккола, гьеб нахъе инабиялъул мурадалда. ГIужбу, рияъ, нифакъ ккола жинца ракIалда речIчIулел шайтIаналъул чIорал», - ян.

Фузайл ибну ГIиязица абун буго: «ГIадамазе гIоло кинаб букIаниги гIамал гьабичIого тей рияъ ккола. ГIадамазе гIоло гIамал гьаби ширклъунги ккола», - ян.

Рияъалдаги ихласалдаги гьоркьоб бугеб батIалъи щибха бугеб? Рияъ гьабула бихьизелъун, ихлас гьабула Аллагьасде ﷻ гIагарлъизелъун.

БетIергьан Аллагьас ﷻ нилъер рекIел унтаби рацIцIад гьареги, хасго рияъ гIадинал квешал унтабаздаса. Аллагьасда ﷻ рагIула нилъер дугIа, гьеб гIибадаталъул гIадалнах бугинги абун бугелъул.

Киданиги тоге лъикIаб гIамал рияъ ккелин хIинкъун. Гьеб шайтIаналъул гукки буго. Гьединго тоге гIадамаздаса нечон лъикIаб гIамал гьабичIогоги.

Цо-цо гIалимзабаз абуна: «Рияъ гьабулев чи ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ тIад велъанхъулев чи ккола. Жиндаги гIадамал цIикIкIун тIадегIаналлъун рихьулев, БетIергьан Аллагь хутIизегIан. Гьев хьвадула гIадамазул разилъи щвеялъе гIоло, Аллагьасул разилъиялдаса гьев уна. Аллагьасул ﷻ ццим бахъинги щола. ХIакъикъаталдаги гьесул рияъ ккола балъгояб ширк. Щайин абуни, гьесул батIияб гIамал гIадамазе гIоло буго, тIасан Аллагьасе ﷻ гIибадатлъун бугин кканиги. Дунялалдаги ахираталдаги гьев чIовогоги хутIула. Рияъалъул гIадамал къиямасеб къоялъ бищун цере рехула жужахIалъуреги.

Аллагьас ﷻ цIунаги.

 

МухIаммад Гъазалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...