Аслияб гьумералде

Алжанги аварагги ﷺ

Алжанги аварагги ﷺ

Алжанги аварагги ﷺ

Юсуфу Набгьанияс жиндирго «Афзалу салават» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «КIудияв гIалим ибну Мубаракида гьикъула щай салаваталъ алжан гIатIилъизабулебин, тасбихIалдалъун ва цогидал азкараздалъун гьабичIого. Гьелъие ибну Мубаракица жаваб кьола: «Алжан хас гьабун салаваталъ гIатIилъула алжаналъул аслу нуралдалъун бижун букIиналъ. Алжан аварагасухъ ﷺ урхъун букIуна, вас инсухъ урхъун вукIуневго гIадин. Гьелда аварагасул ﷺ цIар рехсолеб рагIидал, гьеб бохула ва гIатIилъула. Авараг ﷺ ва гьесул уммат алжаналде лъугьиндал, гьеб бохула ва гьезие гIатIилъула», - ян. 

 

Гьединго ибну Мубаракас абуна: «Аллагьасе бокьун букIарабани Алжан дунялалде бачIинабулаан аварагасухъе. Гьев аралъуве ине. Кинниги ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бокьичIо гьеб ракьалде, аваргасухъе битIизе. Щайин абуни, нилъеца Алжан бихьичIого иман лъезе букIине», - ян.

Авараг ﷺ ва гьесул уммат Алжаналъуре лъугьиндал гьеб цIакъ бохула ва гьезие гIатIилъула. Гьелъул рохел букIунила бицине хIалкIолареблъун.

Имам Факигьаниясдасан имам Сахавияс бицана: «Аварагасе ﷺ салават Аллагьас ﷻ хас гьабун кьуна, цогидал аварагзабазе кьечIого. Къуръаналда ва цогидал бакIазда бихьичIо цогидал аварагзабазе гьеб кьунин абураб магIна», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда Жинцаго рехсана ва амру гьабуна гьесде ﷺ салават цIалеян. Хадуб малаикзабазги салават цIалана. Гьелъ гьесул макъам тIадегIан гьабула цогидал аварагзабаздаса.

Имам Сахавияс абуна гIалимзаби тIад рекъанин, ай ижмагI бугин гьеб аяталъ гьесул къадру-къимат тIадегIан гьабунин цогидал аварагзабаздасанилан абураб каламалда.

Аварагасул ﷺ макъам кутакалда кIудияб буго. Гьесда нахърилълъине ва вокьизе тавпикъги кьеги нилъее.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...