Аслияб гьумералде

ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал гьарилалде цебе.

 

Аварагас ﷺ абунги буго жиндир гIумруги хвелги талихIаб букIине бокьарв чияс щибаб иш «Бисмиллагьалдалъун» байбихьеян. Аллагьас ﷻ гьеб калима гьабун буго МухIаммадил ﷺ умматалъе унтабаздаса дарулъун, щайтIаналдаса ва тIаде рачIунел балагь-къварилъабаздаса цIунилъун.

ХIалакъаб цо щайтIан, ай иблис дандчIван буго цогидаб, гьод бацун кьаралъараб щайтIаналда. Цинги кьариялъ гьикъун буго хIалакъалда: «ГьадигIанго цIакъ азине дуе ккараб жо щиб?» - абун. Гьелъ жаваб гьабун буго: «Дун буго цо чигун цадахъ, рокъове лъугьунев мехалда, кваналелъул гьес кидаго «Бисмиллагь...» бахъула. Гьелъ, щибго жоялъулъ дие гIахьаллъизе ресги хутIичIого, гьалде ккун буго дир иш», - ин.

Кьариялъги бицарабила жиндирго ккараб. Дунги буго цо чигун цадахъ, амма гьесда «Бисмиллагь...» абизе лъаларо, гьелдалъун дун кидаго гьевгун цадахь кванала, гьекъола, рокъобеги цадахъ лъугьуна, цадахь бегула, бахъуна, ай щибаб жоялъулъ гьевгун гIахьаллъула, цинги дие ресги букIуна хIама-хьванигIадин гьесул габуралдаги рекIун, бокьаралъуве гьев вачун ихтилат-кепалда букIине», - ян.

Абу-Муслим Хавлани абурав цо чиясул йикIун йиго гъараващ. Гьелъ гьесие кьолеб букIун буго загьру. Гьесие абуни загьруялъ щибго асар гьабулеб букIун гьечо. Цинги гьей гъараващалъ бицун буго гьесие жинцаго загьру кьолеб букIиналъул ва тIалаб гьабун буго загьруялъ асар гьабунгутIиялъул хIикмат щиб бугебали лъазе. Гьес гъараващалда гьикъун буго: «Щайха дуца дие загьру кьолеб букIараб?» - абун. Жаваб гьабун гьелъ абун буго: «Мун херлъунги вугелъул, хвезе кьолеб букIана», - абун. Гьелдаса хадуб Хавланияс гъараващ тархъун йиго ва бицун буго: «Дица щибаб жо кваналеб, гьекьолебщинахъе «Бисмиллагь» бахъулин, гьединлъидал, загьруялъ асарги гьабун батиларин», - абун.

Бицен буго, Аллагьас ﷻ Къуръаналда жиндир рехсей гьабурав Лукъманида гIодобе рехун батарабила тIад «Бисмиллагь» хъвараб кагьат, цинги гьелъул хIурмат гьабун, Лукъманица гьеб кодобе босарабила. Гьелдалъун Аллагьас ﷻ гьевги кIодо гьавуравила хIикматалгун гIелму кьун.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...