Аслияб гьумералде

Нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, ахир Гьесде руссунелги руго

Нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, ахир Гьесде руссунелги руго

Нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, ахир Гьесде руссунелги руго

Гьал къоязда гIумруялдаса ватIалъана Гъуниб районалъул КIуяда росулъа РФялъул ва ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, журналист ва педагог, ГIурала мажгиталъул будун, гьебго мухъалда «Ас-салам» казияталъул вакил ва мухбир, лъикIав муъминчи МухIаммад ХIасанов.

 

МухIаммад ГIалиханович кинав чи вукIаравали бицуна гьес нахъе тараб адабияталъул ирсалде балагьани. Жиндир хIал алжаналъуб батаяс хIаракат бахъулаан кинаб лъугьа-бахъин кканиги, гьелда сверухъ назмуялдалъун жиндирго пикраби загьир гьаризе. Гьев ккола чанго назмабазул тIехьалъул авторги.

Гьелдаго цадахъ гьев вукIана кутакалда жигарав жамгIияв хIаракатчиги. Кинаб мажлис ГIурала тIобитIулеб бугониги, гьеб гIуцIулеб къокъаялда гьоркьоса камулароан МухIаммад.

«Ас-салам» казияталъул редакциялъ ракI унтараб зигара балеб буго МухIаммад ХIасановасул васал - «ХIакъикъат» казияталъул бетIерав редактор ХIасанов Темирханида ва ГIурала гьоркьохъеб школалъул завуч ХIасанов НурмухIаммадида, гIага-божаразда ва росдал жамагIаталда лъикIав муъминчи МухIаммад ХIасанов камиялда бан.

Аллагьас гьев гьавеги Алжан хIакъал муъминзабаздаса. Гьесда хадур унел нилъер хвел исламалда гьабеги! Амин!

 

«Ас-салам» казияталъул редакция

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...