Аслияб гьумералде

Алжан насиб гьабун батаги

Алжан насиб гьабун батаги

Дагъистаналъул халкъияв поэт МухIамад АхIмадов ракIалдещвеялъе

 

Кинабго гIагарлъиялда, гьудул-гьалмагъзабазда, росдал жамагIаталда зигараги балаго, бокьун буго МухIамад АхIмадовасул хIакъалъулъ дирго пикру загьир гьабизе. Лъала, диего гIадин, захIматго букIин киназего. Камуна авар миллаталъе ва тIолабго Дагъистаналъе къуватав рагIул устар, гьайбатаб гIамалалъул гIадатияв вас. БитIун тIогьол гIужалъ тIерхьана гвангъараб, шигIруялъул цIва, нахъе хутIана гьесул хвел гьечIел асарал.

 

МухIамад вукIана Гумбет районалъул хIурматияв гражданин. Дие гьев цIакъго гIагарлъана дирго творческияб данделъиялда гьев районалъул хIурматияв гражданинлъун вахъиналъги.

Ниж гьелдаса хадур лъугьана цIикIкIараб гьудуллъиялъул ва гьоркьоблъиялъул гьалмагъзабилъун. Къокъго абуни, дир гьитIинаб творчествоялда рухI лъезабуна ГIабасил МахIамадица ва АхIмадовас. Гьез гьабуна редакторлъиги, хъвана цеберагIиги дир гIемерисел тIахьазе. Гьел дида ратана гIадатиял, амма унго-унголъунги гьунар тIокIал магIарулаллъун. Хадуб МухIамадил хъизаналъулги дир хъизаналъулги лъугьана лъикIаб гьоркьоблъи.

Хасаб рокьиялъ бокьулаан АхIмадовасе Гумбеталъул ракь, Инхоса ГIалихIажиясул ватIан, гьезул гIадамал. Гьес хъвана Инхоса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ «ГIакълудал ралъад» абураб тIехь. КIудияб бухьеналда вукIана гьев Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель АхIмадов СайгидахIмадгун. Гьев вукIана нилъее баракат щваяв ЧIикIаса СагIид-афандил (къ.с.) кIудияб божилъиялъул чи.

Бераз магIу кколароан гьесул устарасул бицунелъулги, жинцаго гьесде гьарурал назмаби цIалулелъулги. СагIид-афандиясе (къ.с.) къадар ккун хадуб, гьев вуссана АхIмад-афандиясде. Гьединаб бацIцIадаб исламияб нухда вукIана кIудияв шагIир къадар щвезегIан.

Мунагьал чураяв МухIамадица борхана паризаяб хIеж. Руго гьесул гIемерал асарал ГIарафаталде ва хIежалде гьарурал.

КIудияб гьунар букIана МухIамадил гIадатго хутIизе ва гIадатиял гIадамазулгун гьудуллъи гьабизе. Гьесухъе шагIирзабиги, цогидал гIисинал-чIахIиял чагIиги унаан божарав гьудуласухъе гIадин. Гьесда батулаан щивасе кьезе гIакълуги.

МухIамад вукIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун ва Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарлъун. Хъвадарухъабазул къукъабигун гьев унаан къватIисел улкабаздеги. Гьесул тIахьал, асарал руссинарун руго чанго батIиял пачалихъазул мацIазде.

Гьес, ахирисел къоязде щвезегIан, борхатго ккуна Расул ХIамзатовас жинде гьабураб васият ва божилъи. Гьев, хIакъикъаталдаги, вукIана Расулил божарав ирсилав ва нухмалъулев. Нилъецаги яхI бахъила АхIмадовасул ирс борхатго цIунизе.

Алжан насиб гьабун батаги дуе, МухIамад.

 

 

Щвараб гIор гIадинан

ВачIунаан мун,

МагIарухъе, дурго

Гьудулзабахъе.

 

Гьабулаан свери

Сарин рикIкIунеб,

Сверун дуда лъугьун

РукIунаан ниж.

 

РакI-ракIалъ рокьулел

Гьудулзабигун,

Бикьулаан ургъел,

Кьолаан гIакълу.

 

ГIадатияв дуе

БукIинчIо чIухIи,

ЧIухIи букIана дур,

Миллатги, мацIги.

 

ГIагараб халкъалъул,

Дагъистаналъул,

Дуе букIунаан

КIудияб ургъел.

 

ГIузраби гIемераб

Гьаб гIумруялъулъ,

ГIемераб къор гъуна

Хиянаталъ дуй.

 

Хияналъиялъе

НагIана кьолев,

КьучIаб рагIул устар

ВукIана гьудул.

 

Камуна мун гьанже

Дагъистаналъе,

Улкаго чухIарав

ЧIухIи гьечIев вас.

 

ГIодилеб хутIана

Дур поэзия,

Гьудуллъи-гьалмагълъи,

Хасго гIагарлъи.

 

Доба, Россиялъул

Тахшагьаралда,

Тахида шагь гIадав

Чи вукIана мун.

 

Сас гьечIого унеб

Гамил гIадинаб,

Гучаб рагIул устар

ВукIана шагIир.

 

Щибилеб, дир гьудул,

Гьонодаса вас,

ГьечIо тIокIалъ нилъей

ШагIир АхIмадов.

 

Кьижа, рекIел гьудул,

РакI гIодой биччан,

РекIелъа инаро

Мун гьаб халкъалда.

 

Хун гьечIо АхIмадов

ГIадатияв вас,

ГIасрабаз, наслабаз

АхIила дур кечI.

 

 

 

 

МухIамад, бечелъи чидаеги тун,

Чилъи цIуниялъул си бана дуца.

Сверухъ бугеб дунял хIабургъаниги,

ХIур хъвачIо бечедаб дур намусалда.

 

Мун зодоб цIва гIадин вацIцIад хутIана,

ЦIудул борхалъуде вахананиги,

ЦIарги реццги дуца чидае тана.

Чиновникзабазда къуличIо цеве.

 

Борхатаб Гъуниса гъоркье чвахарал,

Дур кочIол асараз Россия цIуна.

ГьитIинаб Гьонода росулъа васас,

Меседил хатIалда хъвана жиндир цIар.

 

Жакъа Россиялъул кIудияв шагIир,

КIалъалев вуго мун, магIарул мацIалъ.

КIиго гIасруялде гьоркьове ккарав,

Мун дурго халкъалъул къисматлъун вуго.

 

МухIамад АхIмадов, жакъа гьаб дунял,

Гьалагаб ралъадлъун гьелчелеб буго.

 

Гьелъул къисматалъул къварилъиялъ мун,

Къан квераз бетIер ккун, ургъалилъ вуго.

 

МухIамад, дир гьудул, дунял хирияз,

Добе цадахъ босун щибго унаро.

Добеги босизе, гьанибги тезе,

Гьабуна бацIцIадго дуца дуниял.

 

Дурго наслабазе, дурго халкъалъе,

Хвел гьечIеб памятник бан тана дуца.

Гьеб памятникалда хъван тана дуца,

Дун магIарулазул АхIмадов вугин.

 

 

ГIиса Шарапудинов, ДРялъул мустахIикъав учитель, шагIир, РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...