Аслияб гьумералде

Алжан насиблъеги ХIамзатие

Алжан насиблъеги ХIамзатие

Аллагьасул нигIматал руго нилъеда щукру гьабизе ракIалдего щоларел. Гьединал нигIматаздасан ккола нилъеда аскIор ругел диналъул вацалги, гьудул-гьалмагъзабиги, цадахъ хIалтIулелги, агьлу-хъизанги, гIагарлъиги. Нилъеда сверухъ бугебщинаб, ай рухI бугебги гьечIебги, кинабго буго Аллагьас нилъее кьураб нигIмат.

Гьединго Аллагьас диеги цогидазеги кьураб кIудияб нигIмат букIана дир хирияв диналъул вац, цадахъ цIаларав, цадахъ хIалтIарав, чанги кумекалъе ватарав Хlайбулаев ХIамзат - ШототIа росдал имам.

Инсанасе дунялалда я ахираталда жиндаса Аллагь разилъиялдаса кIудияб рохелги талихIги гьечIо. Гьединлъидал Аллагьасул авлияазги абула, муридзабаздаги малъула: «Я дир Аллагь, Мун вуго дир макъсуд (мурад, ай Мун лъай, магIрифат), Дур разилъиги буго дица тIалаб гьабулеб (дие щвезе бокьараб макъам)», - ян. Аллагь разилъи буго алжаналда вугесеги тIадеги алжан гIадинаб макъам.

ХIамзатги вукIана гьединавго, щукру бугев, Аллагь разилъи гурого мурад гьечIев, гIелму-гIамал рекъарав гIолохъанчи.

Чиясе мустахIикъаб къимат кьезе цIакъ захIматаб иш буго. Амма ХIамзатие къимат кьезе ккани, гьев лъалев чияс киданиги бищун лъикIаб гурони къимат кьоларо.

ХIамзат гIезавуна эбелалъ. Школа лъугIидал ЧIикIаб, СагIид-афандиясул цIаралда бугеб ДТИялда анкьго соналъ цIалана. ГIамал-хасият берцинав, инсанасул адаб гьабулев чи вукIана гьев.

2019 соналъ, цIалун вахъиндал, хIалтIизе лъугьана росдал имамлъун. ТIадкъараб жо гьес мухIканго тIубазабулаан.

24 июлалда Аллагьасул къадаралде щвана гьев. Аллагь гурхIаги гьесдаги гьесул агьлуялдаги. Гьединав бахIарчи гIезаюрай эбелалъеги гIумруги кьеги, Аллагьги разилъаги. Нахъе ругезе сабруги кьеги.

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...