Аслияб гьумералде

РекIел зикру

РекIел зикру

РекIел зикру

Накъшубандияб тIарикъаталда жаниб буго ракIалъ зикру бачине малъулеб хасаб къагIида. Халкъалда гьоркьоб гьеб машгьурлъунги буго рекIел зикру абун. Кин гьеб гьабулебали гьаниб нилъеца баян гьабиларо. Щайгурелъул гьеб лъазе бокьарав, гьелъул хIалбихьизе гъира бугев чи ине устар вугелъул нилъер.

 

Гьаниб бицине бокьун буго гьелъул хиралъиялъул. Гьаб заманалдаги, батIалъи щибха букIинеб, дагьаб цебецин гьеб зикруялде инкар кколел загьириял гIалимзаби рукIана. Гьезги щиб гьабилеб Аллагьас гьелъул лъай жидее кьун гьечIони. Амма гьединаб бакIалда гIакълу гIезе ккола жидеда лъалареб жоялде инкар гьабичIого тезе. Хасго цогидал жагьилзабазулги бетIер сверизабичIого тезе.

РакIалъ бачунеб зикру хирияб букIиналде тIоритIел гьабулеллъун гIалимзабаз рачун руго Къуръаналъул аяталгун, Бичасул аварагасул хIадисал. Хирияб Къуръаналда Аллагьас абулеб буго: «Дуца дурго БетIергьан дурго нафсалъулъ рехсе», - ян. Силмиясул тафсиралда гьаб аяталъе магIна кьолаго абун буго, гьелъул магIна бугин дурго Аллагь дуца мацIалъ гуреб, ракIалъ рехсейин абураб.

Цоги буго гьадинаб аят: «Мун вукIунге гъапулал гIадамаздаса», - ян. «Тасдикъул магIариф» абураб тIехьалда гьаб аяталъе баян кьолаго абулеб буго, батIиналда, ай ракIалъ Аллагь рехсеялдаса гъапулал гIадамаздаса мун вукIунгеян абун. 

Хирияб хIадисалда буго: «ХIафазатазда, ай инсанасул кIиябго рахъалда ругел малаикзабазда рагIулареб зикру хирияб буго гьезда рагIулелдаса лъабкъоялда анцIго нухалъ», - ян. Гьебги кколеб буго инсанасул ракIалъ бачунеб зикру. Гьаб хIадисалъе тафсир гьабулаго АхIмадзияудинас абулеб буго, гьелъул магIна кколин, балъго бачунеб зикру цIикIкIун бацIцIадаб букIунин Аллагьасе, рияалдаса цIикIкIун рикIкIадаб букIунин, жиндир пайда гIемераб, хIалхьиялъул рахъалъ пихъ цIикIкIараб, жиндир кири гIемерабгун гьарзаяб, даража-макъам камилаб, цIубараб, рацIцIалъи цIикIкIараб, жиндалъун хвасарлъи хехаб, разилъи рагIа-ракьанде щвараб, Аллагь лъай гIемераб ва Аллагьасде щвей камилаб абун (Мутаммимат).

Жунайдул Багъдадияс абуна: «Малаикзаби жинде раккулареб зикру ккола ракIалъ бачунеб зикру», - ян.

«ТухIфаталда» ибну ХIажарица абун буго, ракIалъул гIамал хирияб бугин, щайгурелъул рияъ ккезе рес гьечIеб букIиналъ.

«Мухтасару тазкият» абураб тIехьалда имам ШагIранияс абун буго, ракIалда бугин кинабго кьучIилан. Аллагьас балагьулеб жоги рекIел гIамал бугин. Гьелдалъун бугин хвасарлъиги. МацI багъари бугин ракIалда нахъбилълъунеб жо. Гьедин гурони гIицIго мацI багъариялъул пайда гьечIин абун. 

Цогидаб хIадисалда буго: «Балъго гьабураб гIамал тIатун гьабуралдаса хирияб буго лъабкъоялда анцIго нухалъ», - ян

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...