Аслияб гьумералде

Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Жиндаго цевегIанги вачIинавун, румазул ханас Абусуфянида гьикъана: «Аварагилан жинца дагIба балев чиясул нужеда гъорлъ насаб щиб бугеб?» - абун. Абусуфяница абуна: «Насаб бищун бацIцIадаб буго», - ян.

 

КIиабизеги ханас гьикъана: «Досдаса цеве, дос бицунеб жоялдалъун кIалъарав чиго вукIанищ?» - абун. ВукIинчIин абидал, ханас гьикъана: «Гьелде щвезегIан, досдасан нужеда гьересиго бихьун букIанищ?» - ян. БукIинчIин абидал, ханас гьикъана: «Досул умумуздасан ханго вукIанищ?» - абун. ВукIинчIин абидал, ханас гьикъана: «Досда нахърилълъунел чагIи бечедалищ яги мискинзабийищ ругел?» - ян. Мискинзаби ругин абидал, ханас гьикъана: «Досда нахърилълъаразул къадар цIикIкIунебищ бугеб, дагьлъулебищ?» - ян. ЦIикIкIунеб бугин абидал, ханас гьикъана: «Досул диналда ракI рекъечIого, гьеб рихун, досда аскIоса цониги чи нахъе анищ?» - абун. ИнчIин абидал, ханас гьикъана: «Дос гьабураб къотIиялъе хиянат гьабулищ?» - абун. Гьабуларин абидал ханас гьикъана: «Нужеца досулгун рагъ гьабулищ?» - ян. Гьабулин абидал, ханас гьикъана: «Рагъул хIасил кинабха кколеб?» - абун. Цин дов бергьун, цин ниж бергьун рукIунин абидал, ханас гьикъана: «Нужеде дос сундалъунха амру гьабулеб?» - ян. Жаваб гьабуна: «Нижеда дос абулеб буго, Аллагь цо вугин, лагълъи Досие гьабизе кколин, Досдехун цогидаб жо гIахьал гьабизе бегьуларин абун. Нижер умумуз лагълъи гьабулел рукIарал жалаздаса ниж нахъчIвалел руго, как баялдалъун, садакъа кьеялдалъун, гьабураб къотIи тIубазабиялдалъун, аманат цIуниялдалъун амруги гьабулеб буго», - ян жаваб кьуна Абусуфяница.

– Нилъер Авараг ﷺ вати, ай гьесул вужуд-мавжудатазул, ай Аллагьас батизабураб щибаб жоялъул, бищун хирияб ккана.

– Гьесул бацIцIадаб рухIги – рухIазул аслулъун ккана.

–  Гьесул къабилатги – къабаилазда жаниб бищун хирияб ккана.

– Гьесул мацIги – мацIазда жаниб бищун хирияб ккана.

–  Гьесде рещтIараб тIехь, ай Къуръан – тIахьазда жаниб бищун лъикIаблъун ккана.

–  Гьесул агьлу, асхIабзаби – цересел аварагзабазул агьлу-асхIабзабаздаса лъикIаллъун ккана.

–  Гьев гьавураб заманги – заманабазулъ бищун лъикIаблъун ккана.

–  Гьев жанив вукъараб ракь - Равзаги – ракьалда тIад бищун къиматаб, хирияб бакIлъун ккана.

–  Гьесул килщаздаса баккараб лъинги – лъиназул бищун хирияб ккана.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....