Аслияб гьумералде

Алжаналъул ва жужахIалъул агьлу

Алжаналъул ва жужахIалъул агьлу

Алжаналъул ва жужахIалъул агьлу

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Нилъеца гIемер бицуна лъикIаб тIабигIат кквезе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьелда сверухъ мажгитазда вагIзабиги мажлисазда насихIаталги дагьал рукIунаро. КигIан гIемер бицунеб бугониги, нилъеца, букIине кколедухъ, гьеб ургьибе биччалеб гьечIеб гIадинги буго.

 

Къокъго абуни, лъикIаб тIабигIат ккола, дуда аскIов вугев чиясе дудаса щибго лазатбахъи кколареб, мунгун жеги цадахъ вукIине бокьилин гьесда кколеб хIалалда дур тIабигIат лъугьин.

РукIунищха нилъ гьедин? Вихьизецин вокьиларин ккараб хIалалда нилъ ругони, гьеб ккола кIудияб хIинкъи. Щайгурелъул, жинда свалат-салам лъеяв Бичасул аварагас абун буго: «Алжаналъул агьлу буго тамахав, хIеренав ва бигьаяв чи. ЖужахIалъул агьлу буго жиндир агьлуялъе, гьалмагъзабазе ва тухум-кьибилалъе хъачIал», - ян. Балагьеха, бусурбаби, гIамал хъачIаб букIиналдалъунцин жужахI щвезе рес буго. Щайгурелъул гьесул гIамал, зарал цогидаздеги бахунеб букIиналъ.

ХIасил гьабун абуни, лъикIаб ва берцинаб тIабигIат ккола цогидал гIадамал дудехун рукIине бокьулеб къагIидаялда мунгоги цогияздехун вукIин. Гьаб къагIида батIаго гIелмияб хIужа балагьизе кколеб жоги гуро. Дуего цогидаз гьабизе бокьараб куцалда цогияздехун мунго вугони гIолеб буго. Амма нилъер батIияб роцен буго. Умумузул абиги гьечIищ гьелъие нугIлъи гьабулеб. Жиндирго бадиб бугеб чIалу бихьичIого чияр бадиб бугеб сум бихьулилан абураб. Гьеб бугоха нилъерго гIайибал ва хьвади бихьичIого, цогидазулъ бугеб хехго бихьулин абураб. Исламалъ нилъеда малъулеб буго цин нилъго берцин хьвадейин, нилъерго пикру гьабейин абун.

Сайфуллагь-къадияс «Канзул магIариф» абураб тIехьалда хъвалеб буго:

- ТIадегIанав Аллагьас жиндирго лагъзадеридехун гьоркьоблъи гьабула гьев лагъ цогидал гIадамаздехун вукIунеб гIамалалда рекъон. Гьес гIадамаздехун гьабураб гIамалалдалъун гьесиего дандбитIун рекъараб жаза гьабула. Халкъалда гьоркьов Алжан гIадин, рахIматлъун, бакъул багIариялдаса рахIат гьабизе жиндир рагIдукье кIанцIулев чилъун вугесе Аллагьги гьединавлъунго вукIуна. Кинав вугониги лагъасул сайид, ай хважаин валагьун гьев гIабдасе хъулухъ гьабуни, гьеб ккола гьесул саийдасе гьабураблъун, ай гIадамазе гьабулеб кумек, Аллагьасул лагъзалъун гьелги рихьун, гIицIго Аллагьасе гIоло кIодо гьаруни, гьеб ккола живго Аллагь кIодо гьавилъун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...