Аслияб гьумералде

КIудияб макъам

КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.

 

Ихлас буго кутакалда кIудияб макъам. Гьеб макъамалде рахине ккани гIезегIан кIудияб раччи гIибадаталъулги тIад лъун лъикIалнго соназ, къад вакъун, къаси гIибадат гьабун нафсалда тIад хIалтIизе ккола. Щибго жоги гьабичIого дир ракI бацIцIадаб бугин абиялъул пайда дагьаб буго. РакI бацIцIадал гIадамаз дагIват гьабиялъул мисалал гъоркьехун кьолел руго:

– АбухIанифа-имамас витIун вуго жиндирго тилмиз Зафар Басра шагьаралде, гьениб жиндирго мазгьаб чIезе гьабизе. Зафарица, гьенивеги ун, АбухIанифа-имамасул бицун буго. Басраялъул агьлоялъ гьав нахъчIван вуго, гьас бицунелъул кIварцин гьабунги гьечIо. Гьаниса тIадги вуссун, гьас АбухIанифае бицун буго ккараб хIасил. Цинги АбухIанифаца абун буго: «Дуда лъан гьечIо таблигъалъул нух, ай къагIида, мун а тIад вуссун дозухъе, ва дуца рехсей гьабе цо масъалаялда тIасан дозул гIалимзабазул ругел батIа-батIаял къавлаби ва къавлабазул загIифлъиги. Хадуб дуца “Гьеб масъалаялда тIасан цойги гьадинаб рагIиги буго”, - янги абун, бице дир рагIи, дир гьелъие бугеб хIужаги. Цинги гьеб рагIи дозул рекIелъ къарарлъун хадуб абе “Гьеб рагIи АбухIанифал буго”, - ян, цинги гьез гьеб къабул гьабизе буго», - ян.

– Цо къоялъ Ибрагьим-аварагас гьоболлъи гьабуна кIинусго мажусиясе. Ай цIадуе лагълъи гьабулезе. Кванан рахъиндал гьез абуна: «Я Ибрагьим, нежедасан дуе бокьараб жого бугищ?» - ан. Ибрагьимица абуна гьазда: «Дир цо хIажат буго ножодасан», - илан. Гьез абидал: «Щиб дуе нижедасан бокьараб, ай гьеб нежеца тIобайла», - ян, Ибрагьимица абуна: «Дие бокьун буго ножоца дир Аллагьасе цохIо нухалъ сужда гьабизе», - ян. Гьанжи гьаз, гIакълоги данд бан, гьабуна гьадинаб хIукму: «Гьав чияс нелъее гIемераб лъикIлъиги гьабуна, гьасул Аллагьасе цохIо нухалъ суждаги гьабун, цинги нелъерго аллагьазде тIад руссиналдалъун нелъее ккезе зарал гьечIо, сужда гьабун лъикI», - илан. Гьабуна гьаз киназго цадахъ сужда. Гьаз ракьалда бутIрул лъуралгобайбихьана Ибрагьимица БетIергьан Аллагьасдехун мунажат гьабизе ва абуна: «Дица дидаго хIал кIвараб жо гьабуна, тIокIаб жо гьабизе дир хIалги кIоларо, тавфикъги гьидаятги Дуда кодоб буго. Я БетIергьан Аллагь, Дуца гьазул курмул берцин гьаре Исламалдалъун», - илан. Суждаялдаса бутIрул тIаде рорхаралго киналго цадахъ

Исламалде рачIана.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...