Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

ХIурматияб диналъул агьлу. Бичасул Аварагас ﷺ нилъее тун буго бечедаб рухIияб ирс. Хирияб хIадисалда буго: «Дир нафсалъул кверщел кодоб бугев Аллагьасдалъун дун гьедила, нужее бокьани. Бищунго Аллагьасе жиндир лагъзадерида гьоркьор рокьулел  чагIи ккола Аллагь Гьесул лагъзадерие вокьизавулел ва Аллагьасе Гьелги рокьизарулел, насихIаталдалъун ракьалдаги хьвадулел», - ян.

 

«РимахIу хIизби ррахIим» абураб тIехьалда буго, Бичасул Аварагас ﷺ рехсей гьабурал гIадамал шайихлъиялъул даражаялда ругел кколин абун. Щайгурелъул шайихас, ай тIарикъаталъул устарас Аллагь вокьиялде рачуна Аллагьасул лагъзал, гьединго Аллагьасе жиндир лагъзал рокьиялдеги рачуна. Кинин абуни, устарас мурид вачуна ва тIовитIула Бичасул Аварагасда ﷺ нахъвилълъине, гьесда нахъвилълъарав Аллагьасеги вокьула.

ХIакъикъаталдаги тIарикъаталъул устарзабаз гIадамал ахIула гIемер Аллагь рехсеялде. ГIемер рехсанагIан Аллагь вокьиги цIикIкIуна. Инсанасе Аллагь вокьи цIикIкIиналъул къадаралда Аллагьасе гьев лагъги вокьула.

Абу Сулаймани Даранияс абун буго: «Бищунго хирияб гIамал ккола Аварагасул ﷺ суннаталда кинабниги хIалалъулъ нахъвилълъин. Гьединаб нахъвилълъинги лъугьунаро гIибадат гьабиялъул нухазул цоялде, ай тIарикъаталде лъугьун гурони. Гьебги Бичасул Аварагасда ﷺ, асхIабзаби гьоркьор ккун, гьездасан тасавуфалъул машаихзабазул гьоркьоблъиялдалъун бугеб букIине ккола», - ян.

ГIубайдуллагьил АхIрарас абун буго, вализабазул рагIаби росарал ругила авараглъиялъул хIакъикъаталдаса. Къуръангун хIадис кIодо гьабизе тIадаб бугебго гIадин умматалдаго, гьединго тIадаб буго авлияазул калам кIодо гьабизегиян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...