Аслияб гьумералде

ТIил битIани рагIадги гьетIуларо

ТIил битIани рагIадги гьетIуларо

Инсаният бикьун буго кIиго тайпаялде – бихьиназде ва руччабазде. Амма цо-цо бакIазда чIужугIаданалъул къимат цIикIкIун гьабула, цогидалъуб - нахъегIан цула. Масала, ислам бачIиналде яс гьайи рикIкIунаан кIудияб рогьо-ничлъун. Гьелдаса цIунизе рукIине яс гьайи балъго толаан, цогидазин абуни чIагого ракьулъ рукъунги тIагIинарулаан. Гьединго жугьутIазул гIадат букIун буго какие хварай гIаданалдаса рикIкIалъулеб, гьей рокъоса ячахъулеб, ай гьеб заманалда гьей баракат бахъарайлъун кколин абураб багьанаги гIиллаялъе бачун.

Гьеб буго цебе заманалда букIараб жо. РачIаха ахирал гIасрабазда гьелъие кьураб къиматалъул бицинин. «КIудияб цебетIеялъ», ай цивилизациялъ чIужугIаданалъе кьуна цIакъго кIудиял ихтиярал. ЧIужугIадан бихьинчиясда ящад гьаюлейинги абун, гьей тIамуна захIматал бакIазда хIалтIизе. Рокъой хважаинги гьей, авлахъалда трактористги гьей. Жеги гьей тIамуна жиндирго милат-агъаз гьабизе, жиндиего батIаго магIишат-яшав гьабун гъин бихьизе. Гьеб гуребги чIужугIаданалде тIаде бегизабуна гIемераб жавабчилъи.

Исламалъ щибха абулеб бугеб? Лъиего балъгояб жо гуро тIоцее чIужугIадан Аллагьас йижараблъи Адам аварагасул хьабалухъгIучIалдаса. Исламалъ гьей яхинаюна бищунго тIадегIанаб даражаялде. Черх загIипай, гIамал хIалимай йикIиналъ гьей хьихьизе бихьиназда тIадаблъунги гьабуна. Рокъоб бараб как ва гьабураб гIибадат бищунго хирияблъун гьабун, рукъалъул цо бокIон мажгитлъун гьабуна. Росасе гьабураб хъулухъалъухъ алжан кьелин къотIи гьабуна. ЧIужугIаданалда тIаса босана кинабго захIматаб хIалтIи ва сундулго жавабчилъи. Гьелъул къартI хвезабурав, гьей инжит гьаюрав, гьелда зулму гьабурасе кьварараб тамихIги бихьизабуна.

Руччабазул къимат баян гьабулеб буго гьаб хIадисалъги: «Аллагьас нужее васият гьабулеб буго руччабаздехун лъикI рукIаян, Аллагьас нужее васият гьабулеб буго руччабаздехун нуж лъикI рукIаян. Гьел руго нужер улбул, ясал ва яцал…», - ян. Гьаб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ кIицIулго такрар гьабулеб буго руччабаздехун лъикI рукIаян абун.

РачIаха балагьизин кинаб къимат нилъеца руччабазул гьабулеб бугебали. ТIубалеб бугищ гьеб васият яги кIвар гьабичIогойищ толеб бугеб? Гьелъие жаваб балагьизе бегьула щивав чияс жиндирго рокъоб бугеб хIалалде балагьун. Амма, гIаммаб куцалда балагьани, руччабазул къадру борхизабизе бокьулареб гIадин кколеб буго. Гьелъие нугIлъи гьабула кидагосеб руччабазул гIарзалъги, исламалда рекъон цохIо руччабазда гурони тIад къараб жого гьечIищин, нижер гурони тIокIаб бицунеб жого букIунарин имамзабазул вагIзабазда абун.

Цо рахъалдасан балагьани, гьедин кколебги буго. Масала, рос-лъади ратIалъулел ругони, гIемерисез гIайиб чIужугIаданалде гьабула. Гьелъ кквезе кколаанин абула. Бихьинчиясда бугеб жавабчилъиялъул бицинего бицунаро.

Мекъи хьвадулеб гIамал чIужугIаданалъул ккани, гьелъие гIадлу гьабизе рортула, бихьинчиясда щибго гIайиб гьечIеб гIадин.

Рокъоб кинаб бугониги тадбир гьечIониги, чIужугIадан гIайибияй ккола.

ПалхIасил, кинаб рахъалдасан батаниги гIайибги чIужугIаданалде рехун чIани, щибго жо тIаса кколаро. Гьей йиго росасул хьвада-чIвадиялъул рагIад гIадай чIужу. Жиндир рагIад лъугьараб жо битIун гьечIони, рагIад битIизабизе лъугьиналде ахIмакъин гурони кинха абилеб. Аллагьас кантIи кьеги киназего.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...