Бекилалде бухьине ккола бетIер
ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва исламалъул аслаби малъизе мугIалимзаби. Гьединго руго исламиял мадрасаби.
Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бокьараб жо цогидаб буго. Гьебги ккола жакъа лъималазул сверухълъи. Телефоназул балагьалде тIаде, жакъа нилъеца хъаравуллъи кквезе ккола лъимал лъилгун гьоркьоблъиялда ругилалиги. Заман анагIан раккулел руго цIи-цIиял социалиял гьинал гIун бачIунеб гIел гIадада хвезабиялъул мурадалда гIуцIарал.
Гьезда гьоркьор руго инсанасул гIакълу хисизабизе рес бугелщинал жал, кIалдире рехулел таблеткабаздаса бахъараб, захIматал наркотиказде щвезегIан. Гьелдаго цадахъ буго гьел рича-хисиялъул, гIадамазда гьоркьор тIиритIизариялъул балагьги. Гьел ишазде гьоркьоре ккарал лъимал гIадада хвей щаклъи гьечIеб ишги буго. Умумузул аби буго, бетIер бухьине кколин бекилалдеян абун. Гьелдаса босун, лъималги нилъеца гьелде гьоркьоре ккеялдаса цIунизе ккола.
ГIун бачIунеб гIелалда жаниб гIакълу гьечIолъиялъ кинабниги тохабщинаб бакIалде гьоркьоре ккезе ресал цIикIкIарал рукIуна гьезул. Гьезде гьоркьоре уна гьанже раккарал компьютеразул хIаялги. Гьелъ бетIер сверизабурал лъимал сах гьаризе кутакалда захIматаб иш буго.
Гьединго руго гIарацги гьоркьоб лъун гьарулел хIаялги, гIурус мацIалда «ставкабиян» абулел. Гьезул хважаинзабаз цIакъ гьуинго бицуна жидехъе хIазе рачIани нуж бергьунин, гIемераб гIарац щолин абун. Гьедин хIазеги рачун, байбихьуда бергьинеги риччан, кодоб бугеб гуребги, рокъоб бугебщинабги магIишат батIа гьабула, жеги налъаби гьаризеги тIамула.
Гьединлъидал нилъеца милат гьабизе ккола лъилгун гьоркьоблъиялда лъимал ругелали, кинал гIадамазулгун гьудуллъи бугебали, телефоназдасан кинал гIадамазулгун хурхеналда ругелали лъазабун. ГIемерисел умумуз гьелде кIвар кьолеб батуларо, цIакъго хадур лъугьунищин рукIинел лъималаздайинги абун. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола лъимал цIунулеб сангар. Жакъа лъималазда гьеб бичIчIуларо, амма гIун хадуб гьез баркала кьезе буго киналъухъго.
Цо гIаданалъ бицунеб буго, жий гьитIинаб мехалдаса нахъе вацас хъаравуллъи ккун букIунаанила жинда хадуб. Кие уней йигониги цIехулаанила, ячIине кватIани, хадув вачIунаанила, дагьабниги щаклъи бугеб бакIалде яхъине изну кьолароанила. Жинда гьеб къагIида цIакъ рихун букIанила, вацги тушмангIанги вокьулароанила. Амма гьанже, гIураб заманалда, жинда бичIчIанила бищунго жий йокьулев, ургъел бугев, кинабгIаги квешлъи дида хъатIизе толарев чи вац вукIаравлъи. Гьедин букIуна гIемерисезулги.
Гьединлъидал, диналъул агьлу, нилъерго наслу цIунизе хIаракат бахъизе ккола, кигIан гьезда риханиги, щайгурелъул, гьел рокьиялъул гIаламат букIин кколелъул гьезда щибго квешлъи хъвазе бокьунгутIи.