Аслияб гьумералде

Мавлидалъул къисмат

Мавлидалъул къисмат

Жакъа нилъеца гьабулеб мавлид ккола Авараг ﷺ веццун тIобитIулеб мажлис. Гьениб бицуна Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ, гьесул мугIжизатазул, рехсола сипатал. Гьениб битIула Аварагасде ﷺ салават ва бачуна зикру. Гьединго бикьула садакъа.

 

Нилъеца цо жо гьукъилалде цебе халгьабизе ккола сундалъун гьеб гIуцIун бугебали. Гьеб гIуцIун батани исламалде данде кколел жалаздалъун, гьеб бегьулеб иш буго. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Жинца лъикIаб ишалде тIовитIарасе буго, гьесго гьабурабгIанасеб кири, жиндаса щибниги мукъсанлъичIого», - ян (Муслим).

Имам Нававиясул мугIалим Абу Шаматица абуна: «ЛъикIаб бидгIаялдаса ккола щибаб соналъ нилъеца гьабулеб мавлид, ай Авараг ﷺ жинда жаниб гьавураб моцI бачIиндал. Гьебги ккола садакъа кьей, лъикIал гIамалал гьари ва рохел загьир гьаби. Гьеб ккола Авараг ﷺ вокьулев вукIин бихьизабулеб гIаламат ва гьев кIодо гьави. Аллагьасе щукру гьаби, ай гIаламалъе рахIматлъун Жинца гьев витIарав.

Имам Сахавияс абуна: «Мавлид гьаби баккана лъабго гIасру ун хадуб, гьелдаса нахъе исламалъул агьлуялъ кидаго гьарула мавлидал, бикьула садакъа. ТIоцебе мавлид гьабурав чиги ккола Музафар Абу СагIид, Ирбилалъул хан ва цевехъан. Гьес гьеб гьабулаан РабигIул аввал моцIалъ. Гьевги вукIана бахIарчияв, гIадилав ва гIакъилав чи.

Мавлид буго Аварагасде ﷺ рокьи цIикIкIинабиялъе бугеб сабаб. Авараг ﷺ вокьизе умматалда тIадабги буго. Гьелда мавлидилан цIарги тана гьеб Авараг ﷺ кIодо гьавулев тадбир букIиналъ.

Ибну Жазари абулев гIалимас абулеб буго: «Жив какун Къуръаналда сурат рещтIарав, Авараг ﷺ гьавиялдалъун рохел загьир гьабурав капурав Абулагьабие жужахIалда Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабулеб, бусурбанчиясул кинаб хIал букIинареб жинца Авараг ﷺ гьавураб къо кIодо гьабулев? Жиндир хIалкIвараб жоги Авараг ﷺ вокьиялъ садакъаде бикьулев, дие Аллагьас кьураб гIумруялдалъун дун гьедула гьев чиясе жаза-кири жиндирго цIобалдалъун Аллагьас гьев алжаналде лъугьине гьавиялдалъун букIине буго», - абун.

Ибну Жазари абулев гIалимас абулеб буго: «Жив какун Къуръаналда сурат рещтIарав, Авараг ﷺ гьавиялдалъун рохел загьир гьабурав капурав Абулагьабие жужахIалда Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабулеб, бусурбанчиясул кинаб хIал букIинареб жинца Авараг ﷺ гьавураб къо кIодо гьабулев? Жиндир хIалкIвараб жоги Авараг ﷺ вокьиялъ садакъаде бикьулев, дие Аллагьас кьураб гIумруялдалъун дун гьедула гьев чиясе жаза-кири жиндирго цIобалдалъун Аллагьас гьев алжаналде лъугьине гьавиялдалъун букIине буго», - абун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...