Аслияб гьумералде

ГъветI чIеялъул хиралъи

ГъветI чIеялъул хиралъи

ГьабсагIаталда халкъалъ пайда босулеб бугеб гIемерисеб пихъ бижула нилъер умумуз чIун гIезарурал гъутIбуздасан. ГъветI чIеялъе гьеб гурони цоги пайда лъачIониги, гьебги гIелаан гьеб иш хирияб букIин лъаялъе.

Аллагьасда аскIоб гъветI хIурматияб ва къимат бугеблъун букIин нилъеда бичIчIизе, Аллагь хирияб Къуръаналда гъветIалдалъун гьедана. ХIатта ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда анцI-анцI бакIазда рехсей гьабун буго гъотIол хIакъалъулъ. Гьелъул рехсей гьабун буго Аллагьас гьедулеб бакIалдаги:

«ИнжиралхIаги ва ОливкаялхIаги», - абун.

Гьединго, Аллагьас гъотIол мисал бачун буго хирияб Къуръаналда Жиндирго хIалкIвей гIадамазда бичIчIизабизе. Цоги сураталда Аллагьас бицунеб буго аварагас муъминзабазул гьабураб къотIиялъул. Гьеб вакъигIат бицунаго Аллагьас абулеб буго (магIна):

«Гьез дургун къотIи гъотIода гъоркь гьабидал», - абун.

ГъветI чIей хирияб букIиналъул хIакъалъулъ гIезегIан хIадисал руго. ГъветI чIей ккола хирияв аварагасул ва цере рукIарал лъикIал гIадамазул нух. Салманул Фарисица бицун буго:

«Лагълъиялдаса дун тархъиялъе шартIлъун бихьизабуна щунусго пихъ кьолеб гъветI дица гIезаби, гьеб гIейдал дун узденавлъунги лъугьунаан. Дица гьеб шартIалъул аварагасда бициндал, гьес абуна:
«Дуе чIезе бокьун батани, дуца дие изну кье, дица чIела гьел гъутIби», - абун. Изну кьедал, хирияс цо хутIизегIан киналго гъутIби чIана, гьеб цо гъветI дицаго чIун букIана. Кинабго гъветIалъ пихъги кьуна, дица чIаралъ хутIизегIан».

Аварагас жиндирго квералъ гIемерал гъутIби чIана, хIатта гьесул хириял квераз чIарал гъутIбуздаса чIараб сагIаталъго пихъги кьун гIадамаз кваналебги букIана. Жинцаго чIеялда гIей гьабичIого хирияв аварагас нилъ ахIана ва гьесизаруна гъутIби чIеялде. «Бусурбанчияс гъветI чIани, яги рекьи гьабуни ва цинги гьеб гIадамаз яги хIайваназ кванани, гьесие гьелъухъ садакъа кьурабгIадаб кири букIуна», - ян буго Муслимица бицараб хIадисалда.

Гьебго хIадисалъул цоги риваяталда буго:

«Бусурбанчияс гъветIги чIун гьелдаса кванараб, бикъараб, хIинчIгъедоялъ, хIутI-хъумуралъ, гIалхул жанаваралъ хъамураб, цогидав чияс босараб жо садакъа ккола», - ян.

Абу Аюбил Ансарияс бицараб хIадисалда буго:

«Жинца гъветI чIарав чиясе Аллагьас кьола гьелдаса бахъараб пихъил къадаралда кири-даража», - ян. Инсан хун хадуб гьев хабалъ вукIаго гьесие кири бачIунел жалазул анкьгоялда гьоркьоб аварагас рехсолеб буго гъветI чIейги. Анас бин Маликидасан бицун буго, аварагас абунин:

«Нужер цоясда къиямасеб къо чIолеб бихьани ва гьесда кодоб гъотIол чIорги бугони, гьесда гьеб чIеян абе», - ян.

ГъутIби нилъеца гIемер чIеялде ахIулеб жоялдасан ккола, хирияв МухIаммад аварагасе къиямасеб къоялъ шафагIат гьабизе изну кьезе бугила дунялалда тIад ругел гъутIби рикIкIун, ай гьезул къадаралда. Гьединлъидал, нилъеца гъветI гIемер чIанагIан шафагIат щолел гIадамалги цIикIкIуна.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...