Аслияб гьумералде

ДагIваталъул нух

ДагIваталъул нух

ХIурматиял бусурбаби, халкъ диналде ахIи, квешаб тун лъикIалдехун русинари буго БетIергьан Аллагьас жиндалъун аварагзаби ритIараб иш-пиша. Хирияб Къуръаналда буго: «Ва гьав авараг, Дица мун витIана гIадамазухъе дур рисалат щвезабиялъе нугIлъун, лъикIазе рахIматалдалъун рохел бицуневлъун ва квешазе гIазабалдалъун хIинкъи кьолевлъун. БетIергьанасул изнуялдалъун Аллагьасде гьел ахIулевлъун, лъикIазе рохел ва квешазе хIинкъи букIин бицуневлъун», – ян. (сура «ал-АхIзаб» 45 аят) гьаб аяталда жаниб БетIергьан Аллагьас берцинго баян гьабулеб буго Бичасул авараг халкъалъухъе витIиялъул гIиллагун магIна.

 

Гьебго амру буго МухIаммадил ﷺ умматалъул щивасдеги. Имам Муслимица бицараб кьуч1аб хIадисалда буго: «ЛъикIалде, ай тIовитIиялде щив чи вугониги ахIани, гьесда нахъвилъарасе щварабгIанасеб кири щола ахIарасеги щибго жо гьезул кириялдасаги мукъсанлъич1ого», – ян. Гьелдасаги кIудиябги пайда ц1икIкIарабги иш цоги кинаб букIине рес бугеб.

ЛъикIаб нухалде ахIи инсанас тIоцебе жиндасаго байбихьизе ккола. Гьелъул магIна ккола жинцаго гьабулелде гурони цогидал ахIизе бегьуларин абураб. Гьедин букIарабани дагIваталъул хIалтIи тIубанго тIагIинаан. ШаргIалъ лъикIаблъун бихьизабурабщинаб ишалде цогидал ахIизе бихьизабун буго щивав чиясда. Хадусеб иргаялда гьес дагIват гьабизе ккола жиндирго рукъалъул агьлуялъе. Цинги ирга щола гьесул цогидал гIадамазде. Жиндирго рачелги чучун букIаго, рукъалъул агьлуги бата-батараб гьабулел рукIун цогидазе дагIват гьабиялъ хIасил кьоларо.

Бищунго лъикIаб буго жиндасанго тIалаб гьабуни. Цо-цо чи вукIуна живила цогидал мекъи ккезе толарев, гьезда гурхIарав чийин абун ч1ун. Гьесул пикру битIараб буго, амма тIоцебе жиндирго гIамал-хьвади рукIалиде бачине хIаракат бахъизе ккола. Лъилниги гIамал камиллъулеб жо букIунаро. Кинниги живго витIун хьвадизе хIаракат бахъулев, гьелда тIад хIалтIулевлъун вукIине ккола щивав чи. Гьелда цадахъ цогидал битIараб нухде ахIиялъулъги щибго мекъаб жо гьеч1о. Амма тIубанго жиндихъгоги балагьич1ого цогидав витIун ккезави ритIухъ гьабизе рес букIунаро. Аллагьас кумек гьабеги битIараб нухда ч1езеги, гьелде цогидал берцинго ахIизеги. Амин!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...