Аслияб гьумералде

Бичасул Аварагасул ﷺ аманат

Бичасул Аварагасул ﷺ аманат

Бичасул Аварагасул ﷺ аманат

Аварагзабазе чIезаризе тIадал сипатазул цояб ккола аманат, ай божи бугев вукIин. Бичасул Авараг ﷺ гьитIинаб къоялдасаго къурайшиязда гьоркьов машгьурав вукIана аманат бугевлъун. ХIатта жеги авараглъи бачIиналдего цебе гьесда Аминилан абулаан, ай божи бугевилан абун.

 

Къурайшияз КагIба цIигьабун балелъул, лъицадай ХIажарул Асвад лъелебин абун гьезда гьоркьоб пикруялъул рахъалъ рикьи ккедал, гьез хIукму гьабуна тIоцеве жаниве вачIарас гьеб иш тIубазе кколин абураб. Цинги гьениве вачIарав чиги ккана МухIаммад ﷺ авараг. Гьеб букIана Бичасул Авараг 35 сонил ригьалда вугеб мех. Гьев вихьигун къурайшияз абуна, гьавни МухIаммад-амин вуго, ниж гьесул хIукмуялда разиялги ругин.

Хирияб Къуръаналда бугеб: «Жив БетIергьанасе мутIигIав ва аманат бугев», - ян абураб сипат гIемерисел муфасируназул пикруялда рекъон, МухIаммад ﷺ авараг ккола. Хирияв Аварагас ﷺ жинцагоги абуна: «АллагьасхIаги, дун вуго зобалазда Амин, гьединго ракьалдаги Амин», - ян.

Абужагьал щив чи вукIаравали лъаларев чи ватиларо. ГьедигIан исламалде данде чIарав гьесцин Бичасул Аварагасда ﷺ абуна, нижеца мун гьереси гьавулев гьечIин, мун гьерсихъанги гурин, кинниги мун жиндалъун вачIараб жо, исламияб дин гьереси гьабулеб бугин абун. ГьедигIан Аварагги исламги рихарав абужагьалидацин кIвечIо Авараг ﷺ гьереси гьавизе, ай ритIухъав, божи-аманаталдалъун машгьурав гьев вукIиналъ.

Назар бин ХIарисица къурайшияздехун хитIаб гьабуна: «МухIаммад ﷺ нужеда гьоркьов вукIана гьитIинав чилъун. Нуж гьесдаса разиялги рукIана. Нужеда гьоркьов бищунго ритIухъавлъунги, бищунго аманат кIудиявлъунги гьев вукIана. Гьесул гъванщида хъахIаб рас баккидалищ ва гьев нужехъе динги босун вачIиндалищ нужеца гьесда сихIручиян абулеб? Гуро, АллагьасхIаги гуро гьев сихIручи», - ян.

Румазул хан Гьиракълихъе ислам босеян абун Бичасул Аварагас чапарзаби ритIараб мехалъ гьес цIеханила, нуж гьесда цереккун гьереси бициналда щакдарулел рукIанищин абун. Чапарзабаз абунила, рукIинчIин абун. Киналго аварагзабазул гIаламат гьеб бугелъул, гьедин Гьиракълицаги цIехон буго.

Бицен буго, Ахнас бин Шарикъ абурав чи Бадруялда рукIаго дандчIванила Абужагьалгун. Цинги гьесда цIеханила, ва АбулхIакам, гьале дунги мунги гурони тIокIав чи гьечIо нилъеда аскIов, нилъер калам рагIизе букIине. Дуца бице МухIаммадил хIакъалъулъ, гьев витIаравищ яги мекъавищ вугевилан абун? Абужагьалица жаваб кьун буго, АллагьасхIаги МухIаммад ﷺ витIарав вуго, МухIаммадица киданиги гьереси бицинчIо», - ян.

Балагьеха, диналъул агьлу, пикру гьабе кигIанасеб ритIухъли, божилъи Бичасул Аварагасул ﷺ букIарабали ва нилъерго хIалалъул хIисабги гьабе, бугищ нилъеда жаниб цо гьитIинабгIаги ритIухълъияли.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...