Аслияб гьумералде

Бекерулеб заманалъул хIикмат

Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула,

Сон хехго бачIуна, херлъун ватула.

(Инхоса ГIалихIажи)

 

Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI, хIатта чанго лъагIелцин. Гьеб кинабго кколеб буго Бичасул аварагас бицун тараб къагIидаялда рекъон.

 

Абу Гьурайратидасан бачӀана Аварагас ﷺ абун бугилан: «ГӀелму тӀагӀинегӀан, ракь багъари гӀемерлъизегӀан, заман гӀагарлъизегӀан, гъалмагъир багъаризегӀан, чӀвай-хъвей тӀибитӀизегӀан, нужер бечелъи лъезе бакӀ гьечӀебгIан гӀемерлъизегӀан Къиямасеб къо бачӀинаро», - ян.

Къиямасеб къо тӀаде щолеб букӀиналъул чанго гӀаламат гъорлъе бачуна гьеб хӀадисалда:

  1. ГӀелму гӀодобе ккей ва жагьиллъи тӀибитӀи.
  2. Бакъбаккул ва бакътӀерхьул рахъалда ракь багъариялъул къадар цӀикӀкӀин.
  3. Заман гӀагарлъи.
  4. Питнаби рагъари, цоцада хадур рагьулеб халича гӀадин напсалъул шагьаватазда хадур гIадамал араб мехалда.
  5. ЧӀвай-хъвеял, гӀемерал рагъал, къокъаб заманалда жаниб аза-азар чи чӀвазе кӀолеб ярагъ хӀалтӀизабиялъул хӀужаби цӀикӀкӀин.

Жинда Аллагь гурхӀаяв Ибн ХӀажар ал-ГIаскъаланица «заман гӀагарлъизегIан» абураб хIадисалда бачIараб рагӀуе баян кьолаго, гьелда тIасан чанго батӀиял гӀалимзабазул пикру бачунеб буго:

  1. Къоялъулги сордоялъулги халалъуда бихьулеб батӀалъи букӀине гьечӀолъи.
  2. Къиямасеб къо гӀагарлъизе букIин.
  3. Баракат тӀагӀин, заманги хехго ин.
  4. Гьеб заманалъул гӀадамал рукӀин бащадго квешал, лъикӀлъиялде къеркьоларел.
  5. Пачалихъал цоцазде гӀагарлъи ва цоцазул гьоркьорлъаби бигьалъи.

Гьединго тӀаде жубазе бегьула, заман дагьлъиялъе гӀиллалъун букӀине бегьулин гьанжесел технологиял ва транспорталъул алатал церетӀей, гьез рес кьолеб бугин чанго сагӀтида жаниб кӀудияб манзил тезе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...