Аслияб гьумералде

Бичасул Аварагасулгун ﷺ хитIаб

Бичасул Аварагасулгун ﷺ хитIаб

ХIурматияб диналъул агьлу. БетIергьанас гIемерал ресал кьун руго нилъее гIибадаталъе. Гьезул щибаб рикIкIун гIемерал даражабиги рихьизарун руго ахираталда. Гьединго нилъеца гьабулебщинаб тIагIаталда жаниб лъун буго гьаб дунялалъул гIумруялъе чара гьечIебщинаб маслахIаталги.

 

Къойил щуго нухалъ балеб как, мисалалъе босани, гьеб ккола БетIергьанасулгун гьабулеб хитIаб. Паризаяб какил 17 ракагIат буго щибаб къоялъе. Гьелъул щибалда жаниб Аллагьас рес кьун буго Жиндиргун хитIаб гьабизе. Паризаял каказда жанир руго 9 ташагьудги, ай аттахIияту. Гьелда жаниб буго Бичасул аварагасде ﷺ хитIаб.

Гьаб макъалаялда гьелъул хIакъалъулъ дагьабго баян кьелин.

Какилъ хIузур цIуни аслияб жо букIин киназдаго лъала. Гьебги ккола цIалулебщиналъул магIна лъалеб бугони, гьеб ракIалда ккун, как бай. МагIна лъалеб гьечIони, жив Аллагьасда цевечIун вуго, Гьес парзлъун гьабураб как бай тIубазабулев абураб хиялалда как байбихьаралдаса лъугIизегIан вукIине хIаракат бахъи. Бищунго захIматаб жоги гьеб буго.

Гьениб жаниб цоги кIвар бугеб бакIги буго. Гьебги буго аттахIиятуялда жаниб нилъеца Бичасул аварагасде ﷺ битIулеб салам. «Ассаламу гIалака аййугьаНнабиййу варахIматуллагьи ва баракатугьу» абулел рагIаби руго Бичасул аварагасе ﷺ кьолеб салам. Гьеб бакIалда нилъеда цеве живго авараг ﷺ чIун вугеб гIадаб хиялги гьабун, кьезе лъикIаблъун бихьизабулеб буго. «ГIаварифул магIариф» абураб тIехьалда хъван буго, аттахIиятуялда жаниб аварагасде ﷺ салам кьелин ва ракIалдалъун гьесул сурат цебечIезабилин абун. Гьединго «ИхIяалда» имам Гъазалиясги хъван буго, ракIалдалъун цеве вачIинавейин Бичасул Авараг ﷺ, гьесул черх, цинги абейила «Ассаламу гIалайка…» абун. Гьединго хъвалеб буго фикъгьиялъул цогидал тIахьаздаги.

Балагьеха, диналъул агьлу, БетIергьанас нилъее кьун бугеб кIудияб нигIмат бихьизе. Какилъ Бичасул Авараг ﷺ ракIалдеги щвезавун, гьесдехун хитIаб гьабиялъул рахIмат кьун буго бусурбабазе.

Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго, Бичасул Аварагас ﷺ абунин: «Дие салам цониги чияс кьоларо Аллагьас дир рухI нахъбуссинабун гурони, гьесул саламалъе жаваб гьабизе», - ян. Гьелъул бищунго кIудияб тIокIлъи буго паризаяб какилъ жаниб букIин. Цогидал гIибадатаздаса паризаяб гIамалалъул хиралъи гIемерго цIикIкIараб бугелъул.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....