Аслияб гьумералде

Бичасул аварагасул ﷺ гIибадат

Бичасул аварагасул ﷺ гIибадат

Хирияв МухIаммад ﷺ авараг вукIана мунагьаздаса БетIергьанас цIунаравлъун. Гьеб буго аварагзабазда хасаб иш. Гьединавлъун вугониги хирияс ﷺ къойида жаниб тавбу гьабулаан лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун нухалъ. Хирияб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Дун вуго нужеда гьоркьов бищунго Аллагьасдаса хIинкъарав», - ян. Аллагьасдаса хIинкъиялъул къадаралда Гьесие гьабулеб гIибадатги цIикIкIараб букIуна инсанасул.

 

Анасидасан бицараб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ абулеб буго:

- МухIаммадил ﷺ нафс кодоб бугев АллагьасхIаги, дида бихьараб жо нужеда бихьарабани, нуж дагьал релъизе ва гIемер гIодизе рукIана, - ян.

Цинги асхIабзабаз гьикъана:

- ЩибгIаги дуда бихьарабин, я Бичасул авараг ﷺ, - абун?

- Дида Алжанги жужахIги бихьана, - ян жаваб гьабуна хирияс ﷺ.

МухIаммад ﷺ аварагасул гIибадаталъул бицунаго Мугъира бин ШугIбатица ва Абугьурайратица абун буго, Бичасул аварагас ﷺ как банин хIатIал гьорозегIан. Гьесда цояз абунин, гьедин гIакъуба бихьи дуца тIадейищ босулеб, цере аралгун хадур рачIунел мунагьал дур чурунги рукIагоян. Цинги хирияс ﷺ жаваб гьабунила, шукру бугев лъагълъун вукIине ккеларищ дунин абун.

ХIузайфатул Яманидасан бицун буго, жинца хирияв аварагасда ﷺ цадахъ как банин цо сордоялъ. Какилъе авараг ﷺ лъугьиндал, гьес ﷺ абунин «Аллагьу акбар зулмалакути вал Жабарути валкибрияи валгIамат» абун. ТIоцебесеб ракагIаталда цIаланин суратул «Бакъара». Цинги рукугIалдеги ун, гьедигIанабго заманги бахъанин. Гьениб абулеб букIанин «СубхIана раббиял гIазим, СубхIана раббиял гIазим» абун. Цинги тIаде вахъанин, гьенивги чIанин рукугIалдагогIан заманалъ. Гьениб абулеб букIанин «Лираббиял хIамду, Лираббиял хIамду» абун. Цинги анин суждаялде. Гьеб сужудги вахъунчIейгогIанаб заманалъ букIанин. Гьениб абулеб букIанин «СубхIана раббиял агIла, СубхIана раббиял агIла» абун. Цинги борханин бетIер гьениса. КIиябго суждаялда гьоркьобги банин гьедигIанабго мех. Гьенибги абулеб букIанин «Раббигъфирли, Раббигъфирли» абун. Гьеб какилъ цIаланин суратул «Бакъара» ва «Алу-гIимран», «Ан-Нисаъ», «Ал-Маидат» яги «Ал-АнгIам». Банин ункъо ракагIат. ТIоцебесеб ракагIаталда цIаланин суратул «Бакъара», кIиабилелда - «Алу-гIимран», лъабабилелда - «Ан-Нисаъ» ва ункъабилелда - «Ал-Маидат» яги «Ал-АнгIам».

Балагьеха, диналъул агьлу, Бичасул аварагасул ﷺ гIибадаталде букIараб кутакаб кIвар бихьизе.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...