Аслияб гьумералде

Исраъ-мигIражалда ккарал дандчiваял

Исраъ-мигIражалда ккарал дандчiваял

Исраъ-мигIражалда   ккарал дандчiваял

Ражабалъул 27-абилеб сордоялъ КагIбаялда аскIов Бичасул авараг ﷺ кьижун вукIаго, гьев ﷺ рекIинавизе Буракъ абун цIар бугеб цо хIикматаб хIайванги цадахъ бачун кIиго малаик - ЖабрагIилги МикагIилги рачIана. Гьениса унаго цо бакIалда рещтIинеги гьавун как баян амру гьабуна Аварагасде ﷺ ЖабрагIил малаикас.

Гьаб ккола дуца гьижра гьабизе бугеб Мадинаялъул ракьиланги бицана гьес. Хадубги, гьенибго ЖабрагIилас амру гьабуна свалат-салам лъеяв Мусада Аллагь кIалъараб гъотIокьги, ТIурисанаъ абураб бакIалдаги, ГIиса авараг (гI. c.) гьавураб БайтулахIмин абураб бакIалдаги какал раян. Гьениса унаго цо къавм батана жидерго бутIрул рухIулел ва чIурхIулел. Гьал щал чагIиян гьикъана свалат-салам лъеяв Аварагас. «Гьал ккола паризаял какал разе кIвахIаллъулел рукIарал гIадамал», - ян жаваб гьабуна ЖабрагIилас.

Цоги къавм батана гIияз, варанабаз кинниги кьогIаб хер кваналеб. Гьал щалин гьикъана Аварагас ﷺ . «Гьал руго боцIудаса закагIат бахъулареллъун рукIарал чагIи», - ян жаваб кьуна ЖабрагIилас. Цоги къавм батана хьагиниб лъикIго белъараб гьанги тун, махIцараб, турараб, гIатIгояб гьан кваналел. Гьал щалин гьикъана Аварагас ﷺ.

«Гьал руго хIалалай чIужуги тун, хIарамай гIаданалъухъе хьвадулел рукIарал, яги хIалалав росги тун, хIарамав чиясухъе хьвадулел рукIарал», - ян жаваб кьуна ЖабрагIилас. Цоги къавм батана бидул хIоринир чвердолаго, кIалдир гамчIал къазарулел. Гьал чагIи щалин гьикъана свалат-салам лъеяв Аварагас. «Гьал руго риба кваналел рукIарал чагIи», - ян абуна ЖабрагIилас.

Цоги къавм батана цIулал магь баччизе тIамулел, амма гьеб борхизе кIоларого захIматаб хIалалда. «Гьал щал чагIи», - ян гьикъана свалатсалам лъеяв Аварагас. «Чияр аманатазе хиянатлъарал чагIи», - ян жаваб кьуна ЖабрагIилас. Цогидал ратана маххул кIвекьмаххаз кIутIбиги мацIалги къотIкъотIулел. Гьал щалин гьикъидал, гьел кколин питнаялде халкъ ахIулел, жидецаго гьабулареб жо кIалалъ бицунел, дур умматалъул чагIиян жаваб гьабуна ЖабрагIилас. Цогидал ратана тIухьидул малъаз жидерго гьурмалги курмулги ххачалел. Гьал щал чагIиян гьикъана свалат-салам лъеяв Аварагас. «Гьал руго гIадамал какун, гъибат гьабун, гьезул гьан кваналел рукIарал чагIи», - ян абуна ЖабрагIилас.

Гьенисаги рахъун унаго, гьел цо чIужугIаданалде аскIоре щвана. Аллагьас ﷻ бижанщинаб берцинлъи букIана гьелда тIад. Гьелъ абуна: «Я, МухIаммад, дихъ валагье, дуда цо жо гьикъизе бокьун буго», - ян. Авараг ﷺ гьелдехун вуссинчIо. Гьай щий гIаданилан гьикъана гьес ЖабрагIилида. «Гьай ккола Дунял», - ян жаваб гьабуна ЖабрагIилас ва тIадеги жубана: «Дуе гьейги йокьун, мун гьелдехун вуссаравани, дур умматалъ ахиратги тун дунял тIаса бищилаан», - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...