Аслияб гьумералде

ТIомол кьер релълъарасул адаб

ТIомол кьер релълъарасул адаб

ТIомол кьер релълъарасул адаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Халкъалда гьоркьоб бищунго рекъараб жо ккола цоцаздехун адаб цIуни. ГьитIинас кIудиясул хIурмат гьаби ва кIудияс гьитIинасул хъатир гьаби. ТIарикъаталъул тIахьазда букIуна, цо кинаб бугониги тIадегIанаб даражаялде вахарав чи гьелде щвечIила адаб цIунун гурониян.

 

 

Жив щвараб даражаялдаса гIодовеги вортичIила цонигияв, адаб гьечIолъи сабаблъун ккун гурони. Гьединлъидал, адаб гьаби буго инсан бищунго тIадегIанаб даражаялде вахинавулеблъун ва адаб теялъ гьелдаса вортизавулеблъунги.

Бищунго цIикIкIараб адаб нилъер букIине ккола кинабго халкъул-гIалам бижарав ТIадегIанав Аллагьасдехун. Гьесда хадуб Бичасул аварагасде ﷺ ва цогидал аварагзабигун асхIабзабазде, авалиаязде, устарзаби-гIалимзабазде. Гьединго адаб гьабизе рекъола эбел-инсул, гIага-божаразул. Жиндирго лъималазул ва жиндасаго гIисиназул. ХIатта бокьарав инсанасул, кинаб диналда гьев ватаниги, Аллагьас вижарав, Гьесул лагъ вукIин хIисабалдеги босун.

Бичасул аварагасул ﷺ асхIабзабаз гьабуна хIалкIун цIикIкIараб адаб. БайгIатул ХIудайбияталъул къоялъ капурзабазул рахъалдаса вукIарав вакил ГIурват бин МасгIудица жиндирго къвмалъухъе щведал гьадин абун: «Ва къавм, АллагьасхIаги дун щвана гIемерал ханзабазухъе. Дун вукIана Къайсарихъ, Кисрагун Нажашиясухъ. АллагьасхIаги, дида цонигияв ватичIо асхIабзабаз МухIаммад гIадин кIодо гьавулевлъун», - ян.

Гьаб бакIалда бицинчIого гIоларо Сайфуллагь-къадияс «Канзул магIарифалда» хъван бугеб цо гьадинаб къисаги. «ГIикъду нафис» абураб тIехьалда буго, магърибалъул рахъалдасан цояв ун вугин Суданалъул ракьалде. Гьоболасухъ рещтIун хадуб, хважаингун цадахъ гьел рахъун руго гIалахалде, ракIгъеялъе. Гьедин рукIаго гьезда халлъун руго рикIкIадаса рачIунел Суданалъул хангун чузда рекIарал гIадамал. ЧIегIерлъи-хъахIлъи батIа бахъизе лъалеб манзилалде щвараб мехалъ, хан рещтIун вуго чодаса ва лъелго ун вуго гьев кIиявго чи тезегIан. Цинги нахъеги чодеги вахун цевехун унги вуго.

Гьел рикIкIалъидал гьоболас цIехон буго, дуда лъанищин щай гьев чодаса рещтIаравали ва лъелго аравалиян. Лъаларин жаваб гьабун буго магърибалъулас. Суданалъулас бицун буго, хан чодаса рещтIанин аварагасул гIадаб хъахIаб тIомалъул чи, ай мун вихьидал, Бичасул аварагасда тIом релълъарав чиясул адаб цIунун.

Балагьеха, бусурбаби, кIолищ нилъеда гьединалъул азарил бутIацин адаб гьабизе.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...