Аслияб гьумералде

Кьураб босулаго цIунила…

Кьураб босулаго цIунила…

ХIурматиял бусурбаби, нилъее кинаб бугониги пайда-хайир бачIиналъул шукруялдаса ккола Аллагьасего гIадин гьелъие сабаблъун ккарасеги баркала кьей. Жибго гьесие гьабулеб хIурмат букIине рекъоларо гьев васитIа вукIин кIоченабулебгIанаб. Нилъехъе жиндаса пайда бачIарав чиясе гьабизе кколеб шукру буго гьев сабаблъун ккарабгIанасеб къадаралда. Киналниги нигIматазе аслулъун вугев Аллагьасе реццги гьабун хадуб букIине рекъола гьелъие сабаблъун ккарасе гьабулеб хIурматги.

 

Амма цо-цоязда гьеб кинабго кIочон, гьев чияс цохIо жиндие ризкъи биччалеб бугеб гIадин кколеб рецц-бакъ гьабула. Гьелда гьоркьоб батIалъи гьабизе ккола чара гьечIого. Гьеб нигIматалъе сабаблъун ккарасе гьабураб рецц-бакъалъ БетIергьанасул хIурматги холаро, гIорхъаби цIунулел ругони. Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «ГIадамазе шукру гьабуларес Аллагьасеги гьабуларо», - ян. Къуръаналда жаниб БетIергьанас Жинцагоги рецц гьабуна лагъзадерие.

Хирияб хIадисалда буго: «Нужее лъикIлъи гьабурав чиясе данде лъикIлъи гьабе. Гьедин гьабизе бажаричIони гьесие дугIа гьабе нужедаго гьеб лъикIлъиялда бащалъанин ккезегIан», - ян.

Жиндие садакъа кьолес гьадинаб дугIа гьабизе рекъола: «ТIагьара ллагьу къалбака фи къулубил абрар ва закка гIамалака фи гIамалил ахяр ва сваллаллагьу гIала рухIика фи арвахIи щугьадаъ». (МагIна): «Дур ракI бацIцIад гьабеги лъикIал гIадамазул ракIал кинниги. Дур гIамалги бацIцIад гьабеги лъикIал гIадамазул гIадин. Дур рухIалда цIобги лъеги шугьадаазул гIадин».

Нилъее гьабураб жоялъухъ данде гьабулеб шукруялдасан ккола, гьелда гIайиб чIвангутIи, кигIанго гьелда мукъсанлъи батаниги. Гьединго гьеб кьураб жо хIакъираблъун бихьиларо, какиларо. Нагагь кьолеб букIараб гIадаталда рекъон кьечIого хутIани, бадибчIвай гьабиларо.

Жиндие кьураб жо кIудияблъун бихьила, гIадамазда цебеги гьеб кIудияблъун бихьизабула. Щайгурелъул жинца кьолесул хIакъ буго гьитIинаблъун бихьи, амма босулесул хIакълъун ккола гьеб кIудияблъун бихьи.

Гьеб киналдаго цадахъ кIочене бегьуларо кинабго жо кьолев яги гьукъулев БетIергьан Аллагь вукIин.

Амма халкъалда гьоркьор гьал адабаллъун рехсарал ишал тIуразарулеллъун гIемерал рихьуларо. Адабал цIуничIони камилаб кириги щоларо.

Аллагьас кумек гьабеги киназего шаргIалъул гIорхъаби цIунун хьвадизе! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...