Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Диналъул бищун хирияб варагI буго.

– Бищун хирияб садакъа пакъирав мискинасе кьураб буго, дуцаго хьихьизе

кколездасан байбихьи гьабе.

– ГIадамазул бищун хириял – Аллагьасукьа бищунго цIикIкIун хIинкъарал ва гIагарлъи хурхинабулел руго.

– ТалихI батана жиндие гIакълу ризкъилъун кьурав чиясе.

– Нафакъа кьеялъулъ тадбир гьаби бащдаб магIишат ккола.

– ГIадамаздехун рокьа-хинлъиялда вукIин бащдаб гIакълу ккола.

– Берцинго суал кьей бащдаб гIелму ккола.

– Аллагь Жиндир лагъасе кумекалда вуго, гьев лагъ жиндир диналъул вацасул кумекалда вугевгIан заманаялъ.

– Жагьилияб заманалъул гIадат хвезабе исламалъ берцинаблъун рикIкIараб хутIизегIан.

– Нилъеда амру гьабун буго гIадамаздехун гьезул гIакълуялъул къадаралда кIалъай абун.

– ТIадегIанав Аллагьас дун витIана жинца тIовитIулев рахIматлъун.

– Дун витIун вуго цоял къавмал тIадегIан, цогидал гIодорегIан гьаризе.

– БетIергьан Аллагьас дир умматалъе бигьа гьабуна кIочараб ва гьезда хIал гьабураб жо.

– ТIадегIанав Аллагьас хIакъаб жо лъуна ГIумарил ракIалда ва мацIалда.

– БетIергьан Аллагь валагьуларо нужер чурхдузухъ яги нужер суратазухъ, Гьев валагьула нужер ракIазде.

– Аллагьасе бокьула тIадегIанал амраби. Гьесие рокьуларо гIодорегIанал ишал.

– Аллагьасе бокьула кинабниги ишалъулъ гурхIел.

– ТIадегIанав Аллагьас ризкъи рещтIинабула щивасул хIалалда рекъон.

– Дармилъ бищунго къурал ккола дунялалъухъ ахират бичарал чагIи.

– Дин буго бигьаяб жо. Гьеб захIмат гьабизе лъугьарав чи диналдаса къуна.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...