Аслияб гьумералде

Сабру тIагIин буго балагь

Сабру тIагIин буго балагь

Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна. Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ ракI бакъвазабун гIодунин абун щибго къварилъи гьечIо, ракIалдалъун нилъ Аллагь ﷻ разияб нухда ругебгIан мехалъ.

 

Гьединаб лъугьа-бахъин ккедал Аллагьасулгун ﷻ хурхен щулаго ккун, Гьесул хIукмуялда разилъун, аварагас ﷺ малъаралда нахъ рилъун чIела. Гьединаб заманалда, лъикIаб насихIатлъун ва сабру гьабизе бигьалъиялъе сабаблъун букIине, аварагасул ﷺ чанго хIадис рехсезин.

 Муслимица бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ бицун буго: «Муъминчиясул бугеб гIажаибаб хIал. Кинаб ахIвал-хIалалда гьев вугониги цогиясе кьечIеб хасаб нигIмат буго гьесие гьеб. Кинаб бугониги ишалъ вохизавуни, Аллагьасе ﷻ шукру гьабула, гьебги нигIматлъун лъугьуна. Балагь бачIани, гьелде сабру гьабула ва гьебги нигIматлъун буго. Аллагьасе ﷻ гIадамал рокьулеб мехалъ, гьезул хIалбихьизе тIаде балагьал риччала. Гьез Аллагьасул ﷻ хIукмуялда разилъи загьир гьабуни, гьезиеги Аллагьасул ﷻ разилъи щола. Ццин бахъин, сабру гьечIолъи бихьизабуразда, Аллагь ﷻ рази гьечIолъи ва ццин бахъинги бихьула».

Умму-Саламаца бицун буго: «Дида рагIун букIана аварагас ﷺ абулеб: «Кинав вугониги лагъасде Аллагьас ﷻ балагь биччайдал лагъас абуни: «Инна лиллагьи ва инни илайгьи рраджигIун» (нилъер рукIа-рахъин Аллагьасе ﷻ буго, ахир руссенги Гьесде буго), я Аллагь ﷻ, гьаб тIаде бачIаб Дуца ﷻ дие мунагьал чуризелъун гьабе, гъоркь букIаралдаса лъикIаб тIадеги кье», - ян. Аллагьас ﷻ гьесие лъикIаб жазаъ гьабила ва цебе букIаралдаса лъикIаб тIадеги кьела», - ян. 

Аварагас ﷺ абулаанин абун Абу-Гьурайратидасан Тирмизияс бицана: «Бусурбабазде, гьезул боцIи-малалде, наслуялде тIаде рачIунел хIалбихьиял къотIуларо, гьез Аллагьасда ﷻ мунагьаздаса рацIцIадаллъун дандчIвай гьабизегIан».

«Лагъасе лъикIлъи бокьидал Аллагьас ﷻ гьесие гьанибго гIакъуба гьабула, квешлъи бокьидал - Къиямасеб къоялде нахъбахъунги тола».

ХIакъикъаталдаги, Аллагьас ﷻ нилъее хъваралда разилъун чIей черхалъе лазат, рекIее парахалъи ва Гьесул хIукму-шаргIалда божилъигун ракIчIей буго.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...