Аслияб гьумералде

БахIарчияв асхIаб

БахIарчияв асхIаб

АсхIабзабаз нилъеда бихьизабуна лебаллъиялъул ва бахIарчилъиялъул мисалал. Гьединал багьадурзабазул цояв вукIана Миркъал абун тIокIцIар жиндие кьурав асхIабги. Гьеб рагIул магIнаги ккола «Хехав» абураб.

 

Имам ТIабараниясги ибну Касирицаги жидерго тIахьаздаги хъвана гьесул хIакъалъулъ.

Персазулгун ккараб рагъулъ бусурбабазде данде бахъана Хосров падишагьасул бо. Гьеб боялъулал гьедулаан, жал чIаго ругебгIан мехалда Персиялъул ханлъи биххизе гьечIилан. Гьез цадахъ бачIана бусурбаби хIинкъизаризелъун Ал-Мукаррит абураб гъалбацI. Персаз гьеб тIоцебе бусурбабазде данде биччан букIана Сабат абулеб бакIалда ккараб рагъда.

Рагъул майданалда гъалбацI бихьидал бусурбабазул ракIазде хIинкъи рехана. Гьеб мехалъ цеве вахъана асхIаб Гьашим ибн ГIутбат. Гьес гъалбацI, чанго нухалда нусги кьабун, гIодоб ккезабуна ва персал риххизаруна гьеб гьунаралъ.

Бусурбабабазги, Аллагьу Акбариланги ахIулаго байбихьана тушманасда тIаде кIанцIизе. ТIоцебе персал хIайранлъун рукIана, амма хадуб гьезда кIвана гьужум нахъчIвазе. Гьеб мехалдаги цеве лъугьана Гьашим ибн ГIутбат ва бусурбаби тушбабазде тIаде кIанцIизе жиндаго хадур рачана.

Бусурбабазул аскаралъ, жал лъиданиги къезаризе кIолареблъиялда божарал персал, гъурана.

Бусурбабаз персазда тIад бергьенлъи босун хадуб гьезул аскаралъул бетIер, асхIаб СагIд ибн Абу Вакъкъас бахIарчияв рагъухъанасда аскIове вачIана ва ботIрода убач гьабуна, гьесул адаб-хIурмат гьабун.

Гьашим ибн ГIутбатица бетIерги къулун, СагIд ибн Абу Вакъкъасил хIатIазда убач гьабула ва абула: «Мун гIадав чияс дир ботIрода кин убач гьабулеб?» - ян.

СагIд ибн Абу Ваккъас вукIана Гьашимил имгIал, амма сундухъго балагьичIого гьесул ботIрода убач гьабула гъалбацI чIваралъухъ баркалаги кьун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....