Аслияб гьумералде

Салаваталъул хиралъи

Салаваталъул хиралъи

Салаваталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал гIезегIан руго. Бокьун буго салават цIалиялъул хIикмат рехсезе.

Аварагасде ﷺ салават битIи ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъиялъе ва Гьесул амру тIубаялъе бищунго кIвар бугел нухазул цояб.

 

Салават цIалулеб мехалъ кIвар бугеблъун ккола Авараг ﷺ нилъеда цеве вугев гIадин чIезави. Гьесул кIодолъиги адаб-хIурматги бичIчIи ва гьев гIаламазда рахIму-цIоб гьабулевлъун вукIин. Гьединго ракIалде щвезабила гьев киналго аварагзабазул имамлъунги такъваялде рачунев нуцIалъунги вукIин. Гьев вуго Аллагьасул ﷻ мунагьал гьарурал лагъзадерие шапагIат гьабулев, бищунго мустахIикъавлъунги ккола гьесде салават битIизе.

Имам ибну ХIажар Гьайтамияс «Ад-Дурар ал-Манзуд» абураб тIехьалда хъван буго: «Рузманкъоялъул сардилъ ва рузманкъоялъ салават цIалиялда машгъуллъиялъулъ кири буго, Къуръан цIалиялда машгъуллъиялдаса (гьеб заманалда жаниб), сура «Кагьф» цIали хутIизегIан. Гьеб заманалда жаниб гьеб цIализе суннатлъула, гьедин гьабеян кьучIаб хIадис букIиналъ.

Цо-цояз абизе бегьула Къуръаналдасаги салават цIали лъикI кин букIунабин абун. ГIаммаб куцалда Къуръаналдаса лъикIаб бугин абураб жо гуро гьелъул магIна. Жинди-жиндир заманалъе бихьизабураб дугIабиги азкаралги рукIуна. Масала, как бан бахъиндал азкарал гьариялдаса хирияб жо гьечIо. Гьезде машгъуллъун чIей бищун хирияблъун буго. Гьединго гьеб заманалда бихьизабун буго салават цIализеги.

Имам Абубакар КъастIаланияс ва гьесул шайих ХIафиз Шамсуддин ас-Сахавияс, имам ГIизудин ибн ГIабдул-Саламил рагIабиги рачун, баян гьабуна щай гьеб заман салават цIализе лъикIаблъун гьабурабали: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабуна нилъее лъикIлъи гьабурав, нилъее баракат лъурав чиясе щукру гьабеян. МухIаммад авараг ﷺ нилъее гIурхъи гьечIел нигIматалгун вачIана, амма, гьелдаго цадахъ, нилъеда кIоларо гьесие гIураб къадаралда данде лъикIлъи гьабизе. Нилъер бажари гьечIолъи лъан, Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабуна салават цIалеян. Аварагас ﷺ нилъее кьураб жоялдаса къиматаб жо щибниги гьечIо».

Имам ХIалимияс абуна: «Авараг ﷺ кIодо гьави нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун ккола. Нилъее гьев цIикIкIун вокьизе ва адаб гьабизе ккола лагъас бетIергьанасул адаб гьабулебгIадин. Гьеб Къуръаналдаги якъинго баян гьабун буго, Аллагьас ﷻ гьедин амруги гьабуна», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...