Аслияб гьумералде

Закария ва ЯхIя

Закария ва ЯхIя

Закария авараг ккола Аллагьасул ритIухъав лагъ ва авараг. Гьев витIун вукIана бану Исраилазухъе ва гьев ЯхIя аварагасул эменги ккола. Закария аварагас ячуна ГIиса аварагасул эбелалъул ункъгIал, лъимер гьабуларей. Закария авараг херлъидал Аллагьас гьесие вас кьуна ЯхIя, ТIадегIанав Аллагьасдаса хьул къотIичIого букIиналъ. ЯхIя авараг гьави ккола Аллагьас жиндирго ритIухъал лагъзадерие кьурал кIудиял мугIжизатазул цояблъун. ЯхIя авараг вукIана ГIиса авараг вахъине вугин лъазабизе витIарав авараг. Гьаб къиса хIикматаб къагIидаялъ гьев гьавиялъул гуребги, Аллагьасул гIурхъи гьечIеб къуват, дугIаялъул къуват, ракIбацIцIадаб иманалъ бокьараб захIмалъи бергьине кIолеблъиялде тIоритIел гьабула.

 

ГIиса аварагасул эбел Марям бесдаллъун хутIарай мехалъ гьелъул тIалаб гьабулев чилъун вахъуна Закария авараг. Гьединлъидал ЯхIя аварагги ГIиса аварагги гIагарал чагIилъун ккола. Гьесда бихьана ТIадегIанав Аллагьас хIикматаб къагIидаялъ гьелъие квен чIезабулеб куц (масала, хасало гьелъул букIана риидалил пихъ ва гьелъул гIаксалда), гьелъ гьесул ТIадегIанав Аллагьасул къуваталда божилъи жеги щула гьабулеб букIана. Закария аварагас халкъ ахIулаан битIараб диналде, Аллагь ﷻ цо гьавиялде. Гьеб сабаблъун гьесда хадур лъугьуна зулмуялъул ханзаби ва гьев чIвазе къваригIун букIуна.

Цо къоялъ Закария авараг гъотIода аскIовги чIун, жив вахчеян гьарун буго гьелда. ГъветIалъ гьев жиндаго жанив вахчула. Амма гьесул ратIлил цо рагIал къватIиб хутIула. ГIемераб мехалъ валагьула гьев ва ватуларо. Гьеб мехалъ шайтIаналъ абула пуланаб гъотIоца вахчизавун вугин гьевилан абун. Гьез хъухъадироги босун, гъветI хъухъазе байбихьула. Хъухъадироялъул цаби Закариял ботIроде щведал, гьев ахIдола. Гьеб ахIиялъ ракьги зобги гьаргьадизабула. Цинги Жибрил малаик вачIуна ва абула: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъазабуна дур цIар аварагзабазул сияхIалдаса бацIцIине бугин, мун нахъеги ахIдани», - ян.

Закария аварагас хIехьана кинабго гIазаб-гIакъуба, хIатта «угьин» абичIо жив хъухъалеб мехалъ.

Гьединго ЯхIя аварагги гьез гъанкъана. Ханасул чIужуялъе къваригIун букIуна жиндирго цогидасдаса гьаюрай яс ханасе кьезе. Гьелъ ЯхIя аварагасда гьарулеб букIуна ихтияр кьеян. ЯхIя аварагас абула гьеб хIарамаб иш бугилан. Гьелъ хIиллаги гьабун, ЯхIя аварагги гъанкъула, ханас буюрухъги кьун.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...