Аслияб гьумералде

Хьул къотIуге

Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер мунагьал чурула ва Гьесул ﷻ тIаса лъугьинги батула рухI щокъробе щвезегIан.

 

Мунагь гьабурав бусурбанчиясда лъазе ккола Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIизе бегьулареблъи. Гьеб къотIи абуни ккола бищунго мекъаб пикру. Хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде хитIаб гьабулеб буго хьул лъей гьаби цIунизе ккеялъул рагIабаздалъун (магIна): «Дуца абе, МухIаммад, я жидеца мунагь гьабурал Аллагьасул ﷻ лагъзал, нужер Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIуге. ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чурула, хIакълъунго, Гьев вуго гIемер тIаса лъугьунев, гурхIулев», - абун (сура «аз-Зумар», 53 аят). Гьаб аят буго жидерго мунагь тIаса лъугьине кIолареб хIалалъ кIудияб бугин рикIкIунезеги унго-унгояб жаваблъун. Жеги хIадисалда буго: «Мунагьалдаса тавбу гьабурав чи мунагь гьабичIев гIадин вуго», - ян. Гьал ва гьалда релълъарал аяталгун хIадисал кIудияб рохел буго мунагь-хатIа кколел нилъее. 

Гьединго, тIаса лъугьин хурхараб буго, хIатта кIудияб мунагьалдацин, тавбу гьабун батани жиндир рухI босилалде цебе. Абадияб тамихI щвеялъул хIинкъи хурхараб буго мунагьалдаса тавбу гьабичIого хварав чиясда.

Тавбу къабул гьабизе ккани, гьеб букIине ккола ракIбацIцIадаб ва цо хасал шартIал тIуразарун гьабураб. Гьелъул буго лъабго аслияб шартI: 1. Гьабулеб мунагьалдаса рахъун ккей. 2. Гьабуралда ракIбухIи. 3. Хадубккун тIадруссунгутIизе щулияб ният букIин. Гьеб лъабалдаго тIаде рехсолеб буго цоги щартI, чияда хурхараб бецIизе бугеб батани, гьеб бецIун, гьезул тIаса лъугьин букIин. Щайин абуни, чияда хурхараб Аллагьасе ﷻ тавбу гьабун тIаса кколаро.

Тавбу гьабун хадуб чиясе рекъараб буго мунагьалъул асар тIагIинабизелъун лъикIал гIамалал гьаризе. Хирияв аварагасул ﷺ насихIаталда буго: «Кив вугониги Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа, квешаб гIамалалда хадуб, квешлъи тIагIинабулеб, лъикIаб гIамалги нахърегIизабе!» - абун.

Гьединал гIамалаздасан руго: тавбуялъул нияталда кIиго ракагIаталъул суннатаб как бай. Тавбу-истигъфаралъул лапсаздасан кколел сигъаби такрар гьари, хасго устарас малъарал вирдал. Садакъа-хайрат гьаби. Мажгиталде хьвади. Къуръан цIали. ЛъикIал мажлисазда гIахьаллъи. Суннатал кIалалгун сардилъ рахъун какал рай. ЛъикIал гIамалал гьари. Мискин-пакъиразегун кумек хIажатав чиясе хIалае эхети. Квешаб гьалмагълъиялъулгун букIараб бухьен тей. Мунагьалде кколел рукIарал бакIаздаса рикIкIад чIей.

Тавбу буго Аллагьас ﷻ жиндирго лагъзадерие, жалго рацIцIад гьаризе, ва цIияб гIумру байбихьизе рес щвеялъе кьураб сайгъат. Мунагьал, кигIан кIудияллъун ратаниги, Аллагьасул ﷻ цIобалдаса хьул къотIиялъе гIиллалъун лъугьине бегьуларо. Тавбуялъул каваби рагьун рукIуна бакътIерхьул рахъалдаса бакъ баккизегIан ва рухI щокъробе щвезегIан.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...