Аслияб гьумералде

Хабал агьлуго хвасар гьабулеб

Хабал агьлуго хвасар гьабулеб

Хабал агьлуго хвасар гьабулеб

Киназдаго лъалеб гIамал буго Аварагасде ﷺ битIулеб салаваталъул хиралъи. Гьеб буго кинаб къагIидалда битIун батаниги, щаклъи гьечIого Аллагьас ﷻ къабул гьабулеб гIамалалдаса.

 

 

Гьелъул хиралъиялъе гIела «Жавагьирул магIани» абураб тIехьалда рехсараб: «…Гьесде ﷺ салават битIиялъулъ буго Аллагьасул ﷻ гъоркье чIей, Жиндир вокьулесде ﷺ салават битIарасде Жинца анцIго нухалъ салават битIизе. Дол салаватаздаса щибалдалъунги Аллагьас ﷻ лагъасда цIоб лъураб», - ян. 

ХIафиз ас-Сахавияс бицана: «ХIасанул Басриясда аскIое ячIун йиго цо чIужугIадан ва бицун буго гьесие жиндир яс хванин абун. Гьанже дие бокьун бугин гьей макьилъ йихьизеянги абун буго. ХIасанул Басрияс гьелда абун буго дуца боголил какалда хадуб байин ункъо ракагIаталъул как. Щибаб ракагIаталъул «АлхIамалда» хадуб цо нухалъ «Алгьакуму Такасур» цIалейин, цинги хьолбодаги егун, кьижун ккезегIан Аварагасде ﷺ салават битIейин абун.

ЧIужугIаданалъ гьес абухъе гьабула ва гьелда макьилъ йихьула жиндирго яс гIакъуба-гIазабалъулъ. Макьидаса юрчIидал гьей ячIуна ХIасанул Басриясухъе ва гьесие бицуна жиндаго бихьараб. ХIасаница гьелда абула дуца садакъа гьабейин, рес бугин гьелдалъун Аллагь ﷻ тIаса лъугьине. 

Гьеб сордоялъ кьижун вукIаго ХIасанул Басриясда макьилъ бихьула живго Алжаналъул цо ахикь вугеб гIадин. Циндаго гьениб ХIасанида бихьула къачIан хIадурараб бусен ва гьелда тIад берцинай, гьайбатай ясги, гьелъул бетIералда нуранияб тажги. Гьелъ ХIасанида цIехола дуда жий лъанищин абун. ХIасаница жаваб гьабула лъачIин абун. Цинги гьелъ бицуна жий йигин, дуца Аварагасде ﷺ салават битIейин малъарай, дой пуланай гIаданалъул яс. ХIасаница абула эбелалъ дие дур хIалалъул батIияб сипат гьабун букIанин. Гьелъ абула жидер лъабкъоялда анцIазаргогIанасел рукIанин эбелалъ сипат гьабухъе, гIакъуба-гIазабалда. Жидер хабалазда аскIосан анин лъикIал чагIазул цояв ва гьес Аварагасде ﷺ цо нухалда салаватги битIанин, гьелъул кириги жидее кьунин. Аллагьас ﷻ гьесул салават къабул гьабунин ва жалги гIакъуба-гIазабалдаса тархъан гьарунин гьев лъикIав чиясул баракаталдалъун абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Черхалъул хIал баччулеб

ХIатIил кӀудияб килищ гӀицӀго килищ гуро.   Гьеб чIола тӀолабго черхалъе балансировка хӀисабалда, ай гьелъ тIубараб черх чIезабула битIун, чи дове-гьаниве вортун унаредухъ. ГьитIинаб лага букӀаниги, гьелъ черхалъул 40 процент гӀанасеб къадар жиндаго баччула. Гьеб гьечӀони нилъехъа ритӀун...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...