Аслияб гьумералде

ДугIа къабуллъулеб заман

ДугIа къабуллъулеб заман

Нилъеда лъала дугIа гIиба-даталъул гIадалнах букIин. Инсан чIаго вукIине ккани гIадалнах къваригIунебго гIадин, нилъер гIибадаталъул кIвар бугеб жолъун ккола дугIа гьаби. Гьеб гьабулеб мехалъ нилъер ният, къасд букIина гIибадат гьабулев вугин абураб. Амма цо-цоязул мурад хехго жаваб щвей гурони букIунарелъул, гьелъ хIасилги кьоларо.

 

Цо-цо вализабаз абулаан Аллагьас ﷻ дугIа гьабизе рес кьей нилъее гIолин, жаваб щвей шартI гурин абун. Гьедин гьез абулаан гьезда дугIа гIибадат хIисабалда бихьулеб букIиналъ. Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасе ﷻ дугӀаялдаса хирияб жо гьечӀо», - ян.

Муъминчиясе жиндирго БетIергьанасда аскӀоб къимат бугеб жоялъул гурони къимат букӀунаро. Нилъер дугӀа гӀаламазул БетӀергьанасе гьедигӀан хирияб батани, бусурбанчияс гьелде кин кӀвар кьелареб? ТалихӀ гьечӀев вуго жинда дугIаялъул гьуинлъи лъачӀев чи.

Дунялалда ракӀбацӀцӀадго Аллагьасде дугӀа гьабурав чиясе дунялалъул магӀишат кодоб бугел чагIаздаса цӀикӀкӀараб лазат щола. Гьесие гурищ щаклъи гьечӀого рес щолеб бугеб Аллагьасда ﷻ кIалъазе. Аллагьасе ﷻ дугIа гьабулел гIадамал рокьула. Гьеб бичӀчӀиялдаса гьуинаб жо щиб бугеб?

Я, бусурбаби, нужеца гӀадамазда гӀемер гьаранагӀан, гьезда нуж рихуна, амма нужер БетӀергьан вуго: «Дида гьаре, дица нужее жаваб кьела», - ян абулев. Халкъалда дандеккун Гьесда рихунаро нилъеца гӀемер гьаридал ва дугӀаби гьаридал. ГIаксалда, хӀадисалда бицухъе, «Аллагьасул ﷻ ццим бахъуна Жинда гьаричӀев чиясда».

ГьабсагӀат нилъ ругеб моцӀ ккола гӀибадаталъе бищунго лъикӀаб заман ва гьел гьаризе бигьалъулеб ва гьезул къимат гӀемерго цIикIкIинабулеб.

Гьаб баракатаб заманалда дугIа гьаби тезего бегьуларо. Нилъеда лъала гьеб моцIалда жаниб Лайлатул къадр абураб сордо бугеблъи. Гьеб Аллагьас ﷻ нилъедаса балъго гьабуна, тIалаб гьабун лъикIал гIамалал гьаризе рукIине.

Аварагас ﷺ абунги бугелъул гьаб моцӀалъ БетӀергьанас дугӀаби нахъчӀваларин абун, гьеб гьабичIого кин толеб?!

ХӀадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунилан: «НахъчӀвалареб лъабго дугӀа буго: эбел-инсуца лъимадуе гьабулеб, кӀал ккурав чияс гьабулеб ва сапаралда вугесул», - абун.

Я, бусурбаби, гьаб моцӀалъ лъикIабщинаб Аллагьасда гьаризе кӀочон тоге эбел-инсуеги, лъималазеги, гӀагарлъиялъеги ва тӀолабго исламияб умматалъегоги.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...