Аслияб гьумералде

Щай рахъунел?

Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.

 

Гьеб гIадат къабул гьабурал гIалимзабаз баян гьабуна тIаде рахъин ТIадегIанав Аллагьас «гIаламазе рахIмат» абурав авараг гьавиялда хурхун рохел загьир гьаби кколин.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «Дица мун витIун гьечIо МухIаммад ﷺ кинабго гIаламалъе рахIматлъун гурони», - ян. (Сура «Ал-Анбияъ», аят 107)

ГIадамазеги, жундузеги, бусурбабазеги, капурзабазеги, дунял-ахираталдаги рахIматлъун вуго хирияв Авараг ﷺ.

Цо-цо гIалимзабаз бачунеб буго гIадатияб мисал: нагагьлъун бусурбанчиясда жиндаго цеве Аллагьасул Авараг ﷺ вихьани, адаб-хIурматалъ ва рокьиялъ гьев тIаде вахъине вукIинчIищ? МухIканго гьеб ккола гьев гьавураб къоялъул бицунеб мехалъ рахъун чIун рукIиналда нахъа бугеб магIна.

ГIалимзабазул хъвай-хъвагIаяздаги руго Аллагьасул Аварагасда ﷺ цадахъ асхIабзабиги рахъунел рукIанин абурал баянал. Абу Гьурайратица бицана: «Авараг ﷺ жиндирго асхIабзабазда аскIов вукIун, цинги тIаде вахъараб мехалъ, гьелги рахъун чIолаан чIужуялъул рокъове Авараг ﷺ лъугьинегIан», - ян.

Амма лъазе ккола мавлидалъул заманалда тIаде вахъин тIадаб жо гуреблъи. Аварагасдехун ﷺ рокьи борцине бегьуларо цохIо гьеб заманалда тIаде вахъиналдалъун яги вахъинчIолъиялдалъун, гьединал суалал бусурбабазда гьоркьор тушманлъиялъул ва дагIба-рагIиялъул кьучIалде сверизаризе бегьуларо.

КъватIисан адаб-хIурмат бихьизаби берцин букIуна рекIелъ унго-унгояб рокьигун цадахъ букIунеб мехалъ. Аллагьасул Расуласдехун ﷺ унго-унгояб рокьи бихьула гьесул суннатал кквеялдалъун, гьесул гIумруялъул цIех-рех гьабиялдалъун, гьесул тIадкъаязухъ гIенеккиялдалъун, гIемер салават цIалиялдалъун, нилъер лъимазе гьев вокьизелъун тарбия кьеялдалъун.

ТIадегIанав Аллагьас нилъер ракIал цIезареги жиндир хирияв Расул МухIаммадидехун ﷺ ракIбацIцIадаб рокьиялъ, кумек гьабеги гьесул нух кквезе ва гьесда цадахъ Алжаналда дандеги гьареги. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...