Аслияб гьумералде

Бегьулищ яги бегьуларищ?

Бегьулищ яги бегьуларищ?

Бегьулищ яги бегьуларищ?

 

Агьлу-сунна валь-жамагIаялъул гIалимзаби (ункъабго мазгьабалъул имамзабиги) тIадрекъараб жоялдасан буго, аварагзабаздаса, гьезул халипзабаздаса, вализабаздаса, чIагояздасаги хвараздасаги, тавасул гьабизе бегьиялда. Гьединго, гьезул хабалазде ине, гьенибги гьездаса тавасул, шафагIат гьаризе ва жидер хIажатазе кумекги тIалаб гьабизе бегьиялда. 

 

Имам Фахрудин ар-Разияс абун буго: «Ал-Малик Ас-СалихI Гъаврияс дида цIехана хабалаздеги хвараздеги щун зиярат гьабун пайда босиялъул къагIида кинаб бугеб?» - абун.

Фахрудиница абураб хъвазегIан, цеберагIилъун, ХIасан-афандияс «Ас-Сифрул асна фи рабитIатил хIусна» абураб тIехьалда хъвалеб рехселин: «Нилъеца далилал рачана инсанасул рухI черхалдаса батIалъун хадуб нахъе хутIулеб букIиналъе. Жеги гьеб, ахираталде рещтIун, черхалдаса батIалъун, пардав тIаса индал, батIи-батIиял балъгоял жалги жиндие загьирлъун, черхалда хурхарал напсаздаса къуватабги бугеблъи… Цинги гьединаб напсалъе хIасуллъула камилал жалазул цо-цо бутIаби…».

Гьаб цеберагIи дуда лъайдал, рехсолеб буго Фахрудин ар-Разияс баян гьабуралъул къокъаб хIасил: «Инсан, жиндир напс, ай рухI (чIаго вукIараб заманалъ) камилаб жавгьарлъун, асар гьаби кутакаблъун букIарав, къуватав чиясул хабаде индал ва гьениб дагьаб заманалъ чIедал, гьесул напсалде доб хабадаса асар щола. Зиярат гьабурасул напсалъеги ва (гьенив вукъун вугев) хварав инсанасул напсалъеги, гьеб ракьалда жал данделъи сабаблъун хIасуллъула цоцазулгун (рухIияб) дандчIвай. Цинги гьезул напсалги лъугьуна, цоялъул чIорал цогиялда жанир гIакслъун рихьуледухъ рахъун чIезарурал кинниги ругел кIиго матIуялда релълъун. Гьелъул хIасилалда гьесул нур досде, досулаб гьесде буссуна.

Гьаб нухалдалъун лъугьуна доб гьабураб зияратги жинца гьабурасеги жинде гьабурасе мунпагIат ва кIудияб рохел хIасуллъиялъе сабаблъун. Гьаб буго аслияб сабабги зиярат гьабиялъе. Гьединго, рехсаралдасаги гъваридал ва (хIасуллъизе) цIикIкIун мустахIикъал цоги-цогидал балъголъабиги гьенир хIасуллъи рикIкIадаб (лъугьунареб) жолъун гьечIо. Унго-унголъун гIелму цIубайги Аллагьасда ﷻ аскIоб гурони гьечIо. (Гьес рагьула жиндие бокьарасе)», - абун.

Зиярат гьабулес цIунизе рекъараб адаб буго, чIаго вукIун цеве чIедал гьабулеб кинниги.

Машгьураб рагIи буго: «Нужер лъикIал руго, жал рихьидал Аллагь ﷻ ракIалде щолел», - абун.

Аллагьас ﷻ нилъ щула гьареги Гьев ﷻ ракIалде щвезарулезда аскIор.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...