Аслияб гьумералде

Кири щвезе бокьани…

Кири щвезе бокьани…

Кири щвезе бокьани…

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияв авараг ﷺ тIолабго гIаламалъе рахIматлъун витIана ва инсанияталъе мисаллъунги гьавуна дунял-ахираталда, диналда хурхарал ишазулъ. Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «… Нужее Аллагьасул ﷻ Расуласулъ буго берцинаб мисал», - абураб (сура «Аль-АхIзаб», 21 аят).

Жакъа къоялде щвезегIан Аллагьасул ﷻ нух ккун гIумру тIамурал гIалимзабаз, имамзабаз, вализабаз кутакаб кIвар кьолаан гьесул ﷺ суннат цIуниялде ва гьелда рекъон гIумру тIамиялде. Гьеб буго нилъееги бугеб хвасарлъи абадияб рукъалъул талихIалда кверщел батизе бокьани.

Гьабулеб ишалъулъ гьесул ﷺ суннаталдаса мисал босулебгIан заманалда жаниб инсан дунял-ахираталда талихIкъосиналъул нухде ккеялдаса цIунаравлъун вукIуна. Аварагас ﷺ гьабуралда, абуралда жаниб, гьитIинаб бугониги хIикмат, маслихIат, пайда гьечIеб жо букIунаро. Дунялалъул рокъоб пайда ккечIониги, ахираталда ажругIаги батула. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абунги буго: «Дуца абе, МухIаммад ﷺ, нужее Аллагь ﷻ вокьулев ватани, нуж дида (аварагасда) нахърилъаян, гьеб мехалъ нуж Аллагьасе ﷻ рокьила ва мунагьалги чурила», - ян («Алу-ГIимран»).

Мужагьидица бицун буго, цо нухалъ ниж ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьгун сапаралда рукIанин. Нухда унелъул ГIабдуллагь цояб рахъалде кьуранила. Гьелда гIажаиблъарав цояс гьикъанила сундуе гIоло гьедин кьураравин абун. Гьес абунила, авараггун ﷺ цадахъ сапаралда рукIаго, дида вихьанин гьев ﷺ гьаб бакIалда гьадин кьурулев, гьелъ дицаги аварагасго ﷺ гIадин гьабунин абун.

Цоги бицен буго, Макка-Мадинаялда гьоркьоб бугеб нухда бижараб гъотIокьеги ун, ГIабдуллагь гьенив кьижиялъул. Гьелъул хIикмат щибин гьикъидал, гьес абурабила жинда гьенив авараг ﷺ кьижулев вихьун вукIанин абун.

Имам Гъазалияс абуна аварагасул ﷺ щибаб суннат цIунарасе Алжаналда хасаб даража бугин абун.

Аварагасул ﷺ нух ккола суннат ва гьес гIумруялда жаниб гьабулеб букIанщинабги ккола гьебго. Гьединал ишал гьарулеб мехалда, ният гьабулеб бугони, ай гьаб аварагас ﷺ гьабулеб букIараб бугин абун, гьелъухъги Аллагьас ﷻ ажру гьабула, иншаАллагь.

БетIергьанас ﷻ кумек гьабеги гьесул ﷺ нух ккураллъун нилъ рукIиналъе. Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...