Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ квен

Аварагасул ﷺ квен

Аварагасул ﷺ квен

 

Жакъасел тохтурзабаз абула чорхолъ унтаби гIемерлъанин кIиго жо сабаблъун: ццидахин ва гIемер кванай. Гьединлъидал гIемерисез абула кванил низам цIунизе кколин абун.

 

Кинниги нилъеца цIалула Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ, лъала гьес кваналеб букIараб. Авараг ﷺ, гIемерисеб мехалда, вакъун вукIунаан.

Гьединго Аварагас ﷺ бицана кванилъ цIунизе кколеб низамалъул хIакъалъулъги. Гьеб кинабго Аварагас ﷺ нилъеда малъана ва нилъеца гьесул суннат цIунулеб букIарабани, нилъ гIемерал унтабаздаса цIунун рукIинаан.

Имам КъустIуланияс хъван буго: «ТIоцебесеб гьижрияб гIасру индал баккараб бидгIалъун ккола гIемер кванай», - ян.

Имам Насаица ва ибну Мажагьица хIадис бицана, Микъдад ибну Мади Карибиясдасан: «Дида рагIана Аварагас ﷺ абулеб: «Адамил лъимералъ кванирукъгIан квешаб къвачIа цIезабичIо. Гьесие гIола мугъ бахъун чIезабизе чанго кванил лукъма. Кванирукъ цIезабун гурони чIолев гьечIони, лъабго бутIаялъул цояб цIезабе кваница, кIиабилеб бутIа - лъеца ва лъабабилеб бутIа -гьаваялъ», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кванирукъ бижана чи вахъун чIезелъун ва рухI букIине. РухI букIине ккани гIемер кваназе кколаро. Кванирукъ цIезабуни гьес риччала гIемерал лъикIлъаби. Гьелъин Аварагас ﷺ абураб гьелда квешаб къвачIайилан.

Гьанже халгьабе Аварагасул ﷺ хIадисалда бугеб рагIухъ: «Кванирукъ цIезабун гурони чIолев гьечIони, лъабго бутIаялъул цояб кваница цIезабе, цогидаб лъеца ва цогидабги - гьаваялъ». Квен ккола инсанасе бищун пайдаяб нигIмат. Кванирукъ ва черх лъикI хIалтIизе ккани, кванил низам цIунизе ккола. Кванирукъалъуб букIине ккола лъималъе ва гьаваялъе бакI. Амма инсанас кванирукъ тIубан цIезабуни, тIадежоялъе лъимги гьекъани, гьаваялъе бакI хутIуларо.  Гьеб сабаблъун чиясе заралги ккола.

Имам Гъазалияс абуна: «Гьаб хIадис цо гIакъилав чиясе бицараб мехалда, гьес абунила: «Гьалдаса лъикIаб калам дида рагIун букIинчIо», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...