Аслияб гьумералде

Хирияб калам

Хирияб калам

Хирияб калам

Хирияб Къуръан ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ калам, жиндир хIурупалгун ва магIнагун цадахъ хирияв МухIаммад ﷺ аварагасухъе рещтIинабураб. Къуръан ккола кинабго гIаламалъе рахIмат, алжаналдалъун рохел бицунеб, жужахIалдалъун хIинкъи кьолеб, Аллагьасул ﷻ диналде ахIулеб, жинца нур базабулеб чирахълъунги жиб бугеб.

 

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ХIакълъунго, Дица ﷻ рещтIинабуна дуде Къуръан дагь-дагьккун». (Сурату «Инсан», аят 23)

Гьеб цIар лъеялъе гIиллаги Къуръан букIин буго жиб цIалулеб ва жиб кIочонги толареб.

Гьединго Аллагьас ﷻ ВахIюялда цIар лъуна ТIехь абун (магIна): «ХIакълъунго, Дица дуде ТIехь рещтIинабуна хIакъаб жоялдалъун», - ян. (Сурату «Ан-Нисаъ», аят 105)

Гьеб цIар лъеялъе гIиллаги буго Къуръан букIин жиб хъвалеб ва рехунги толареб.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналъул къадру кIодолъиялде ва гьеб камилаб рисалат букIиналде тIоритIел гьабун Къуръаналда чанго батIиял сипаталги гьабун рехсана. Фуркъан - жинца хIакъабги батIулабги жо батIа гьабулеб. Зикрун – рехсей, вагIза-насихIат. Гьудан – жинца тIоритIулеб. Шифаъ – жинца сах гьарулеб. Нур, ХIаким ва гьел гурел цогидалги сипатаздалъун.

Къуръаналда абула МусхIафин абунги. Гьедин абулаан хирияб Къуръан хъварал кагътазда асхIабзабаз.

Къуръан ккола ЖабрагIил малаик сабаблъун МухIаммад ﷺ аварагасул  ракIалде рещтIараб Аллагьасул ﷻ ВахIю. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Къуръан буго гIаламалъулго БетIергьанас рещтIинабураб, жиб босун жинда божи бугев ЖабрагIил дур ракIалде рещтIараб, мун гIадамазе хIинкъи кьолевлъун вукIине, баянаб гIараб мацIалдалъун жиб бугеб». (Сурату «ЩугIараъ», аят 192-195)

Къуръаналда бащадаб тIехь гьечIо. Къиямасеб къо щвезегIан цонигиясда кIвезе гьечIо магIна ва лафз халгьабун Къуръаналъул бищун къокъаб аяталда релълъараб ургъизе. Бусурбанал гурел гIалимзабицин хIайран гьаруна Къуръаналъ. ГIараб мацI лъаларезецин бигьалъула Къуръаналъул сураби рекIехъе лъазаризе. Къуръаналъулъ буго церехун рещтIарал тIахьазулги баян.

Цониги чиясда кIвезе гьечIо цо хIарпцин Къуръаналъул хисизабизе. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «ХIакълъунго, Дун вуго, МухIаммад ﷺ, духъе Къуръан рещтIинабурав ва Дица цIунизе буго Къуръанги гьелъул хIукмуги». (Сурату «ХIижр», аят 9)

 

Жабир Мажидов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...